Аслияб гьумералде

Рак унтуе дару

Рак унтуе дару

Рак унтуе дару

Сах-саламатго вукIине ккани, чорхолъ витаминазул нахърател цIунизе къваригIани, инсан къойида жаниб лъабго нухалда кваназе кколин гIемер бицуна.

Квен-тIехалъул алатал ва дару-дарманал къватIире риччалезги, жидеего гIарац щолеб букIиналъ, гIадамал гьесизарула тIатIалаго кваназе. Рекламаялдалъун халкъалъул пикруялда тIад кверщелги гьабун, чехь гIорцIизаби беццула, ракъи ва къеч буссинабизе гуребги, жеги рекIелгъеялъе, заман инабиялъе гIолоцин кваназе кколин абураб пикруялда божизарула.

Амма гьединал «кванихъабазул» гIаксалда, мисалалъе рачине бегьула, бусурбаби, ай МухIаммад аварагасул ﷺ малъа-хъваязда рекъон, анкьида жаниб кIиго къоялъ, итнигун хамизалъ, кIалал кколел ва гьелдалъун гIемераб пайдаги жидее щолел.

Гьелдаго цадахъ, нилъер заманалъул гIелмиял цIехал-рехал гьарулез чIезабулеб буго, гIемерисел унтаби сах гьаризе кIолин квен дагьлъизабиялдалъун ва кIалал кквеялдалъун абун.

Масала, гьединаб хIасилалде вачIана тохтур Томас Сейфрид – Бостоналъулаб колледжалъул биологиялъул профессор, онкологиялде данде метаболизмалъулаб къагIида хIалтIизабиялъе кьучI лъурав гIалимчи.

Нейробиологиялъул кафедраялъул ва нейробиологиялъул лабораториялъул заведующий, профессор Марк Мэттисоница хъвалеб буго анкьида жаниб кIиго къоялъ кваначIого чIей Паркинсонил ва Альцгеймерил гIадал унтаби ккеялъул хIинкъи дагь гьабулеб къагIидалъун кколин.

Нейробиологаз абулеб буго гIемер кванаялъ гIадалнахул хIалтIуе квалквал гьабулин. КваначIого чIани, гIадалнахалъулъ нейрохимикиял хиса-басиял ккун, рахIатхун лъугьин, ццидахин дагьлъула, стрессалде данде квербакъи букIуна. КIал кквеялъ цIикIкIинабула цIалуе гьунар, ракIалде жо чIей. Гьелъ кумек гьабула цIиял нервабазул клеткаби ва гиппокампалъул стволовиял клеткаби рижиялъе.

Профессор Мэттисонида бихьана кIалал кколел чагIазул ДНК цIигьабизе хIалтIизарулел нервабазул клеткабазул къадар цIикIкIун букIин. КIалкквеялъ иммунаялъулаб система цIунула, стволовиял клеткаби цIигьарула.

2007 соналда «Клиникаялъулаб питание» абураб Америкаялъул журналалда ракъунчIеялъул темаялда хъван букIана гIелмиял цIех-рехазул хIакъалъулъ. Гьениб мухIканго бихьизабун буго кваначIого чIеялъ рак, рекIел унтаби ва чакрил диабет сах гьабизе кIолин абун.

Хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ рагIабаздасанги нилъеда лъала дагьго кванаялъ батIи-батIияб унта-щокълъи нахъчIвалеблъи ва ракъи кквезе инсанасе дагьабго къадар кванил гIолеблъи. ХIадисалда буго, инсанас цIезарулел жалазул бищунго квешаб гьесул бакIвали (кванирукъ) кколин абун. РухI кквезе гIураб къадар кванил ккола бищунго лъикIаб. Жеги цIикIкIун кваназе бокьани, кванирукъалъул лъабил бутIа квание те, лъабил – лъадае, хутIараб лъабил – гьаваялъе (имам ат-Тирмизи).

ГIурусалдаса буссинабуна Барият МухIаммадовалъ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...