Аслияб гьумералде

Хабаде зиярат гьаби

Хабаде зиярат гьаби

Хирияб хIадисалда буго: «Дица нуж хабалазде зиярат гьабиялдаса нахъчIван рукIана, гьанже нужеца гьенибе зиярат гьабе», - ян (Тирмизи). Цогидаб риваяталда буго: «Гьелъ нужеда ахират ракIалде щвезабула ва дунял рихинабула», - ян.

Имам МахIалияс «ШархIул Мингьаж» абураб тIехьалда рехсолеб буго гьадинаб хIадис: «Жинца хIеж гьабурав ва дихъе зиярат гьабичIев чи ккола дидехун хъачIлъарав чи», - ян абун. Цоги хIадисалда буго: «Дун ахираталде ун хадуб дихъе зиярат гьабун вачIарав чи, дун чIаго вугеб мехалда зиярат гьабурав гIадин вуго», - ян.

Аварагасул гьал рагIабазулъ нилъеда бихьулеб буго зиярат гьабизе бегьи хIатта хирияб гIибадатлъунги бугеблъиги, гьедин аварагас жинцаго гьабунги бугелъул.

Щайин абуни, ГIаишатидаса бицараб хIадисалда буго: «Аварагас сардил ахиралда вахъун БакъигIалъул хабалазде ун, гьенир ругезе саламги кьун дугIа гьабулаан», - абун (Далилул фалихIин).

Аварагзабазул, вализабигIалимзабазул хабаде зиярат гьаби суннатаб буго бихьиназеги руччабазеги ян хъван буго «ИгIанату тIалибин» абураб тIехьалдаги. Аллагьас бичIи кьегиха.

ХIадисазда гьедин абулеб бугелъул, суннатаб буго нилъерго хваразде зияраталъ инеги. Хасго рекъараб буго эбел-инсул хабаде щвезе ва гьениб дугIа алхIам гьабизе.

ХIакимица Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Щибаб рузманкъоялъ эбел-инсул яги цоязул хабаде зиярат гьабурав чиясул Аллагьас мунагьал чурула ва эбел-инсуе мутIигIавлъун вукIанинги хъвала», - ян.

Абу-Гьурайратидасан бицараб цоги хIадисалда буго: «Аварагас жиндирго эбелалъул хабаде зиярат гьабуна. Гьев гьенив гIодана ва сверухъ рукIаралги гIодана», - ян.

Хабалазде щведал асхIабзабазда гьадин салам кьезе малъулеб букIун буго Аварагас : «Ассаламу гIалайкум агьла ддияри минал муъминина вал муслимина. Ва инна ин шаа Ллагьу бикум лахIикъуна. Асъалуллагьа лана ва лакум алгIафията».

Анасидасан бицараб хIадисалда буго: «Щив чи вугониги хабалаздеги ун, гьениб сурату «Ясин» цIаларав, гьеб къоялъ хваразе гIазаб бигьа гьабула, хварал рикIкIун гьесие кириги хъвала», - ян (ТIабарани).

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...