Аслияб гьумералде

Цо-цо гьукъарал пишаби

Цо-цо гьукъарал пишаби

МагIу тIей

МагIихъанлъи гьабулей чIужугIадан тавбуги гьабичIого хвани, гьелда тIад пицIалъул гурдеги хъирисалъул къолденги ретIизабула Къиямасеб къоялъ. МагIихъабазул Къиямасеб къоялъ жужахIалда кIиго кьер гьабула. Гьел, цоцазда дандеги руссун, жужахIалда гьаби гIадин, хIапдолел рукIине руго. Гьединго чи хвараб бакIалда гьаркьал гьарун гIодизе, чIичIидизе, рас бетIизе, гьумер хъарсизе, ретIел бихъизе хIарамаб буго.

Лъим гьукъи

Гьекъезе, ах-хур лъалъазе жиндаса тIокIлъараб лъим гIадамазе гьукъизе хIарамаб буго. ХIадисалда буго жиндие хIажаталдаса тIокIлъараб лъим гIадамазе гьукъулев чиясе Аллагьасги Жиндир цIобрахIмат Къиямасеб къоялъ гьукъизе бугилан.

Сапаралда ругезе жидее хIажаталдаса тIокIлъараб лъим гьукъулел гIадамазда Къиямасеб къоялъ Аллагь кIалъаларо, гьев гьезухъ балагьуларо, гьезие гIазабги кьола. Аллагьас гьарзаго кьураб нигIмат цо-цо тIасияб рахъалда ругел росабаз гъоркьияб рахъалда ругел росабазецин гьукъулеб буго.

Садакъа бадибчIвай

Къуръаналда буго нужеца нужер садакъаби бадибчIвай гьабиялдалъун батIул гьаругейилан абураб магIнаялда бачIараб аят. ЛъикIлъи бадибчIвалел гIадамазде Къиямасеб къоялъ Аллагь балагьуларо, гьел мунагьаздасаги рацIцIад гьаруларо, гьезие гIезабги букIуна.

ХIайванал рагъизари

ТIадегIанав Аллагьас нагIана кьуна гьаби, хIелкал, куйдул, бугъби рагъизе тIамулел гIадамазе. Мискинзабазул, пакъирзабазул ццим бахъинабурав чиги Аллагьас ццим бахъинабурав чи ккола.

ХIадисалда буго: «Цо чIужугIадан Аллагьас жужахIалъул агьлулъун гьаюна, гьелъ кету хвезегIан бакъизаби сабаблъун», - илан.

ГIелму бахчи

Халкъалдаса хIакъаб гIелму бахчулел рукIарал ягьудиязе Къуръаналъ нагIана кьуна. ГIелму бахчарав чиясда жужахIалъул чIолохъжо бала. ГIадамазда гьебги малъулев, амма жинцаго гIамалги гьабуларев чи, жужахIалдеги рехун, гьесул бакьал дализарула ва гьездалъун гьев сверизавула гьобо сверизабулеб гIадин.

Черх баккун хьвади

КьучIаб хIадисалда буго ахирзаманалда рукIине ругила руччаби ретIел тIад ретIарал, амма черх бахчуларел, жал бихьиназдеги гьетIулел, бихьинал жидеца жидедегоги гьетIизарулел, варанидул мугъалда тIад бугеб гохI гIадал ботIрол расул гозабиги гьарулел, гьезда алжаналъул махI чIвазе гьечIо, цогидазда щунусго соналъул рикIкIалъиялда махI чIвалеб бугониги абун. Чияр бихьиназда берцин йихьизе яхъарай чIужугIадан, зина гьабулей гIадан кколиланги хIадис буго.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...