Къинал руччабазе малъа-хъваял
Лъимер гьабизе йигеб заман буго цIакъ кIвар бугеб гIуж. Гьеб заманалда, хасго чIужугIаданалъ, жиндирго сахлъи ва рацIцIалъи, кванил ва цогидалъулги низам цIунизе ккола. Гьединго халкквезе ккола тIад ретIунеб ратIлида хадубги. Лъимер ва жийго квачалдаса цIунизе ккола, тIадкъараб ретIел, угъдул рорхатал хьитал ретIине бегьуларо.
КIванагIан цIикIкIун цIияб гьава цIазе, хьвадизе лъикIаб букIуна. ЦIияб гьава цIазе рахъиндал лъикIаб буго цо сагIаталъ гIодоре риччан тира-сверизе. Гьедин къойида жаниб 2-3 нухалъ, цо-цо сагIаталъ тира-сверила. Рокъоре щведал лъикIаб буго хIухьбахъизеги.
Риидал лъимер гьабизе йигей чIужугIаданалъе лъикIаб буго шагьар тун къватIиехун ине, цIияб гьава цIазелъун. Ахирал моцIазда рикIкIаде гьабулеб сапаралъ рахъичIого чIезеги лъикIаб букIина. Хасго магIарухъа шагьаралде ва шагьаралдаса магIарухъе ине лъикIаб гьечIо, щайгурелъул, магIарухъги шагьаралдаги гьаваялъул батIи-батIияб тIадецуй букIуна, лъимер гьабизе йигей чIужугIаданалъе гьеб хIал хисизабизе лъикIаб букIунаро. Гьелъ эбелалъулги лъимадулги сахлъиялъе зарал гьабула. Радал-къаси гордал рагьун, рокъобе цIияб гьава биччазеги беццараб буго.
Лъимаде йигей чIужугIаданалъе лъикIаб гьечIо лажбаралъул, бензиналъул ва цогидалги гьединалго жалазул махIалцин чIвазе. Квенги букIине ккола батIи-батIияб. Кваназе ккола гIемерал витаминал, минералал, беэнлъаби, белкаби ва углеводал гъорлъ ругеб квен. Лъимаде йигей чIужугIаданалъе къваригIуна кальций (рахь, нису, хIан, гъаран, сметана, кефир, цIулакьо, кунжут) ва фосфор (ччугIа, гьан, крупаби, тIипало, горох, хIан, тIогьилаб хоно, багIаргьоло, гени, цIулакьо, чед). Гьекъезе ккола къвакIараб гьечIеб чай, газ гьоркьоб гьечIеб сок ва бацIцIадаб лъим, рахь. Къаси микьго сагIаталъ кьижизе тIадаб буго. Кьижизе ва рахъине лъикIаб буго гIужккун.
Лъимер гьабизе йигеб заманалда гуребги, чIужугIаданалъ, ясалъ росасе инегIанги жидерго сахлъи цIунизе ккола. Квачалдаса цIунизе ва угъдул рорхатал хьитал ретIичIого тезе ккола. Гьединал хьитаз бакIлъи кьола наказде ва мугъалде.