Аслияб гьумералде

ГIадамазул бищун квешав

ГIадамазул бищун квешав

ГIадамазул бищун квешав

ГIемер руго питна бекьизе хIаракат бахъулел гIадамал. Гьебгиха, диналъ абунги бугеб мехалда, питна багъарулеб жо тейин абун. Цо-цоязда ккола жал кидаго ритIарал ругин абун. Амма дагьабниги гIакълу бугесда бичIчIула жинда бараб жо щибго гьечIеблъи.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ загIипавлъун вижарав инсанасухъ щиб къуват букIунеб? Нилъеца абула гIемер гаргадулев чи мекъи кколин, амма ургъичIого гIемераб жо бицунебги батула. ГIалимзабаз абула кколареб бакIалда гаргадулев чияс къваригIел гьечIел рагIаби гIемер абулин. Гьедин ккезеги ккола. Нилъ ургъизе ккеларищ щибаб рагIуда тIад. Питна кколеб батани жибго тезе ккела. Нилъер дин загьиралда букIун гурони, ракIалдасан гьечIо.  Гьелъ гIадамазда гьоркьоб тушманлъи, питна гьабулел чагIи къиямасеб къоялъ чIорого хутIула.  ГIадамазда гьоркьоб маслихIат гьабиялъулъ кIудияб кири буго.

Анас ибну Маликица абуна: «КIиго чиясда гьоркьоб маслихIат гьабурав чиясе щибаб рагIи рикIкIун лагъ тархъараб кири щола», - ян.

ГIали ибну ТIалибица абуна: «ТIадал жалаздасан ккола бусурбанав вацасул рекIелъе рохел лъугьинаби», - ян.

 ГIадамазда гьоркьоб маслихIат гьаби ккола аварагзабазул гIаркьалабазул цояб, гьезда гьоркьоб питна багъаризаби ккола сихIруялъул гIаркьалабазул цояб. Кинаб рахъ тIаса бищилебали нилъецаго пикру гьабизе ккела. СихIруялъул мунагь кигIан кIудияб бугебали нилъеда лъала. Авараглъиялъул даражаги лъала кигIан кIудияб бугебали.

Имам АвзагIияс абуна: «ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ бищун бокьулеб гали ккола гIадамазда гьоркьоб маслихIат гьабизе тIамулеб гали. КIиго чиясда гьоркьоб маслихIат гьабурав чи Аллагьас ﷻ цIунула жужахIалдаса», - ян.

Жакъа питна багъаризабизе цIакъго бигьалъана, хасго интернеталъул кумекалдалъун. 

ЯхIъя ибну Аби Касирица абуна: «МацI гьабулев чияс цо къоялда жаниб пасалъи цIикIкIун гьабула моцIалъ сихIручияс гьабулареб», - ян. Балагьеха, диналъул вацал ва яцал, кигIан кIудияб балагь мацIалъ гьабулеб бугебали. АсхIабзабаз мацIал цIунизелъун кIалдиб чIимих кколеб букIун буго. Щайгурелъул, ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ цебе жаваб кьезе кколеблъи гьезда лъалеб букIун. 

Питна гьабулесда лъазе ккеларищ Аллагьасда ﷻ цебе жаваб кьезе букIин. ГIалимзабазул цояс абун буго: «МацI гьабун хьвадулев чиясдаса квешав чи ватиларо. Щайгурелъул гьес гIадамазда гьоркьоб рокьи-хинлъи къотIизабулеб букIун», - ян.

ХIисаб гьабе, тIубараб жамагIаталда гьоркьобе ракьа реххулев чиясул кинаб хIал букIине бугебали?

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...