Аслияб гьумералде

Гьан кванаге...

Гьан кванаге...

Жакъа нилъеда гьоркьор гIемерал гIайибал руго Аллагьасдасаги ﷻ диналдасаги нилъ рикIкIад гьарулел, лъикIал гIамалалги нилъер рухIулел. Кутакаб хIинкъи буго гьеб сабаблъун Къиямасеб къоялъ лъикIал гIамалал гьечIого нилъ чIорого хутIиялда. Гьединал гIайибаздасан ккола гъибат ва бугьтан гьаби.

 

Гъибат ккола инсанасе бокьулареб жоялдалъун, гьесулъ бугеб жо бугонигицин, гьесда нахъасан бицин. ХIатта ишара гьабунигицин гьеб ккола гъибат. РакIалъ гъибат гьабиги, мацIалъ гьабиялда релълъун, хIарамаб буго. ХIарамаб буго гъибат гьабулесухъ гIенеккизеги. Гъибаталъ инсанасул лъикIал гIамалал, цIаялъ бакъвараб цIул бухIулебго гIадин, бухIун реххула. 

«Танбигьул Гъафилин» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Абу Гьурайратица бицана Аварагас ﷺ гьикъанин: «Нужеда лъалищ гъибат щиб кколебали?» - илан. АсхIабзабаз абуна: «Аллагьасда ﷻ ва гьесул расуласда ﷺ лъикI лъала», - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Гьеб ккола дуца диналъул вац гьесие бокьулареб жоялдалъун рехсей», - абун. Цинги гьезул цояс цIехана: «Дица абураб жо гьесулъ бугонигицинищ?» - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Дуца абураб жо гьесулъ батани – дуца гъибат гьабуна, дуца абураб жо гьесулъ батичIони – дуца бугьтан гьабуна», - ян.

Гъибат хIарамаб букIиналъул ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Я, гьал иман лъурал гIадамал! Нуж рикIкIалъе нужер ракIазде кколел, жидер хIакъикъатги лъаларел пикрабазда нахърилълъиналдаса, гьезда рекъон хIукму гьабиялдаса, гьеб пикруялда рекъон муъминзабазде гIайиб чIваялдаса. ХIакълъунго, цо-цо пикраби жал шайтIаниял, жиндалъун инсан мунагьалъукье кколел рукIуна. Нужеца гIадамазул гIайибал цIехоге, гьезул хабаралъухъ балъго гIенеккуге! Нужер цояз цогидазда нахъасан гъибатги гьабуге. Гьев чи цеве гьечIеб мехалъ гьесие бокьулареб, гьесул напс ва къадру гIодобегIанлъулеб жо бицун кIалъаге. Гьеб цIакъ кIудияб мунагь буго. Нужер цонигиясе бокьулищха жиндирго диналъул вац хвараб мехалъ гьесул гьан кваназе? Гьеб нужее цIакъ бокьизе гьечIо. Гьеб цIакъ ракI къалеб, къабихIаб гIамал буго», - ян (суратул «ХIужурат», аят 12).

Гьеб аяталъулъ Аллагьас ﷻ гъибат гьабулев чи релълъинавуна хварав вацасул гьан кваналесда. Жабирица бицараб хIадисалда буго: «Гъибаталдаса нуж цIуне. Гъибаталъул мунагь, зина гьабиялъул мунагьалдасаги кIудияб буго. Зина гьабурав чияс ракI-ракIалъ тавбу гьабуни Аллагь ﷻ тIаса лъугьине рес буго, амма гъибаталъул мунагь жиндаса гъибат гьабурав тIаса лъугьун гурони чуруларо», - ян.

Жабир асхIабасдасан бицана: «Аварагасул ﷺ заманалда цо къоялъ квешаб махIалъул гьури бахъана. Цинги Аварагас ﷺ абуна: «Мунапикъзабаз муъминзабазда нахъасан гъибат гьабулеб буго. Гьеб сабаблъун бахъараб гьуриги гьаб буго», - ян.

Абу Умамат Ал-Багьлияс абуна: «Къиямасеб къоялъ лагъасухъе гIамалал хъвараб тIехь кьейдал гьесда гьенир ратула жинцаго гьарун рукIинчIел лъикIал гIамалал. Гьес абула: «Я, Аллагь ﷻ, гьал лъикIал гIамалал киса дие?» - ян. Цинги гьесда абула: «Гьаб буго гIадамаз дудаги лъачIого дудасан гъибат гьабун дуе щвараб», - илан.

ХIатам Загьидица бицана: «Гьаб хадуб рехсараб лъабго жо мажлисалда бугони рахIмат бахъун ккола: дунял рехсей, махсаро-хочI ва гIадамазулъ ккараб бицин».

Вагьиб ибн Вард Маккиясдасан бицана: «Аллагьас ﷻ дие гьаб тIолабго дунял, гьеб бижаралдаса паналъизегIан, гьелъулъ бугебщинаб жогун цадахъ, Аллагьасул ﷻ нухда гьеб кинабго хIалтIизабизелъун дие кьезегIан цо гъибат нахъе чIвазе дие цIикIкIун бокьилаан», - абун.

 

Жабир Мажидов

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


«ЦIидасан пикру гьабе…»


Муфтияталъе баркала кьуна

Хасавюрт районалъул бетIерасул ишал тIуралев Багьавудин Мамаевгун дандчIвана «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад Мусаев, муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, рехсараб районалъулгун шагьаралъул волонтеразул централъул нухмалъулев Адам Нажмудинов. Гьез бицана тIабигIияб...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!         ГIабдулатIипова Хадижат, 7 сон, Кокрек росу. ГIабдулвахIидов МухаммадгIали, 10 сон, Краснооктябрьский росу. ГIабдулвахIидов Наби, 7 сон, Гъизляр...


Бахиллъиялъул зарал

БетIергьан Аллагьас щивав чи вижула гIицIавлъун. Гьединго гьесулъ букIунаро щибго къуват, кинабгIаги магIишаталъул бетIергьанлъунги вахъун вачIунаро гьев дунялалде. Гьедин дунялалде лъугьарав чиясе Аллагьас кьола рикIкIун хIалкIоларелгIан гIемерал нигIматал. ТIад ретIине ретIелги, чорхое къуватги,...


Дагъистаниязде хитIаб

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал, Дагъистаналда бараб чвахунцIадалъ гьабураб къварилъи нилъее ккола иргадулаб хIалбихьилъун.   ТIоцебесеб иргаялда, гIезегIан чи махIрумлъана мина-карталдаса ва магIишаталдаса. Гьайгьай, гьебги ккола тIаде тIамураб хIалбихьилъун. КIиабизе, тIабигIияб...