Аслияб гьумералде

ХIайваналъул бакIалде

ХIайваналъул бакIалде

ХIайваналъул бакIалде

Мехтел гьекъей буго гьаб заманалдаги жеги тIибитIун. Бичизе гьукъулин бицаниги, нилъеда бихьула гIемерисел тукабазда гьеб букIин, телевизоралдасанги гьабула гьелъие реклама.

 

Киназдаго бичIчIула гьекъолдиялъул зарал букIин, амма бугониги гьекъола. Гьекъел буго квешабщиналъул бетIер. Гьелъин гьебги гьелда хурханщинабги диналъ гьукъунги бугеб. Щайгурелъул, диналъ гIадамал цIунула заралияб жоялдаса. Гьайгьай, гьелъул заралалъул гIемер бицине бегьула, амма Аллагьасда ﷻ иман лъурав Къуръаналъул цо аяталъ кантIизавизе ккеларищ? Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Я, гьал иман лъурал гIадамал! Хамрги (мехтизарулеб жо), майсирги (гьоркьоб жо лъун хIай), жидее лагълъи гьабулел заналги, жидедалъун пал тIамулел чIоралги - гьеб кинабго буго мунагь бугеб, Аллагьас хIарам гьабураб, чорокаб жо. Гьеб шайтIаналъул гIамалаздасанги ккола. Нуж гьел жалаздаса рикIкIалъе ва гьезда аскIоре къаге», - ян (суратул «Маидат», аят 90). Абу Муса ал-АшгIариясдаса бицунеб буго Аварагас ﷺ абунин: «Кинабниги мехтизарулеб жо гьукъараб буго», - ян (Муслим).

ГIабдуллагь ибну ГIумаридаса бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «Мехтизарулеб жо буго кинабниги квещабщиналъул эбел…», - абун. Гьелде квещабщиналъул эбелин Аварагас ﷺ абурабги буго гьекъедал гьелъ цогиял мунагьал гьарияздеги рачунел рукIиналъ. Рехсараб хIадисалда хадубги абулеб буго: «Гьеб гьекъарасул бараб какги кIикъого къоялъ къабул гьабуларо. Гьебги чорхолъ букIун хвани, ислам бачIинегIан цебе букIараб жагьиллъиялъул заманалда хварав кинниги хола», - абун (ТIабарани).

Гьединго Абу-Гьурайратидасан бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «Зина гьабурав яги мехтел гьекъарав чиясдаса БетIергьанас иман нахъе босула ретIел габуралдаса бахъулеб кинниги», - ян. Как къабул гьабуларин абун тIадехун рехсей гьабураб хIадисалда бугелъе баян гьабун гIалимзабаз хъвалеб буго: как къабул гьабуларин абуралъул магIна бугин гьеб баравлъун вукIун гурони, кири щоларин абураб. Гьелъ, цо гьабураб мунагьалде тIаде кири щоларинги абун цоги мунагь гьабуге! Аллагьас ﷻ цIунаги!

 

Медицинаялъ щиб абулеб?

Диналъ гьеб дару гьабиялъул нияталда хIалтIизабиги гьукъун буго. Ваил ал-ХIазрамияс бицун буго: «Цо нухалъ ТIарикъ ибну Сувайд ал-ЖугIфияс Бичасул Аварагасда ﷺ цIехана хамруялъул хIакъалъулъ. «Я Аллагьасул ﷻ Расул ﷺ! Нижер ракьалда буго цIибил, нижеца гьеб сокги бахъун гьекъола», - ян. Аварагас ﷺ бегьуларин абун гьев гьелдаса нахъчIвана. ТIарикъица кIиабизеги абуна: «Дица гьеб даруялъе хIалтIизабизелъун гьабула», - ян. Гьеб мехалъ Аварагас ﷺ абуна: «Гьеб дарулъун гьечIо, унтилъун буго», - ян (Муслим).

Мехтизарулеб жо гьекъеялдалъун лъугьунел гIемерал унтаби рехсон руго тохтурзабазги. ХIасан Шамси абурав тохтурас рехсон руго гьеб хIалтIизабиялдалъун лъугьунел унтаби. Гьес абулеб буго мехтел гьекъеялдалъун чиясулъ раккулин мукъулукъалда, риссиялда, бакьазда, тIулада рак унти, бакьазулгун квен бигьинабиялъул гIадлу хвей, язва лъугьин, гIемер туалеталде хьвадизари, бавасур лъугьин гIадал захIматал унтаби.

Гьеб хIалтIизабулесул тIулал хIалтIи нахъе ккола, хадубккун цирроз унтиги лъугьуна, импотенция лъугьинабула, инсульт, инфаркт гIадал унтаби ккола. Руччаби лъимер гьабизе кIолареллъун лъугьуна.

Гьелдаго цадахъ, гьеб хIалтIизабиялдалъун инсан ккола хIайваналъул даражаялде. Гьес байбихьула кIалалде рачIарал хъубалщинал рагIаби абизе, загIипасда кьабизе, рокъоб лъимал-хъизаназе тIагIамбахъи гьабизе. Цинги хадусеб къоялъ живги щибго букIинчIеб гIадинаб ххвелги гьабун вукIуна. Амма аскIор рукIаразул гьесдехун цебе гIадаб бербалагьи хутIуларо.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...