Аслияб гьумералде

РекIеда нур базабулеб

РекIеда нур базабулеб

РекIеда нур базабулеб

Хириял бусурбаби, нилъеца кваналеб жо буго, машинаялъе бензинго гIадин, чиясул черхалъе къуватги рухIияб хIалги кьолеб нигIмат. ЛъикIаб гуреб бензин жанибе тIедал машинаялъул хIалтIи загIиплъулебго гIадин, кваналеб квенги гьединаблъунго буго. Заман бараб яги кванирукъалъе данде кколареб квен ккедал, чехь унтизабула, тохтурасухъе ине ккола. Гьелъ, кваналеб жо кинаб хIалалда щвараб, лъица гьабураб, квананищ лъикI, жибгойищ телеб абураб масъалаялъухъ халгьабизе ккола.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ бусурбабазде амру гьабулеб буго бацIцIадаб кванайилан абун. Аварагас ﷺ абунин имам Муслимидасан бицун буго: «БетIергьан Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго, бацIцIадаб гурони Жинца къабулги гьабуларо. Аллагьас ﷻ муъминзабазде, расулзабазде амру гьабуралдалъун Къуръаналда амруги гьабуна: «Ва гьал расулзаби, нужеца бацIцIадаб кванай ва лъикIал гIамалалги гьаре», - ян. Цоги буго: «Я гьал иман лъурал гIадамал, нужеца кванай Дица ﷻ кьураб бацIцIадалдасан», - абун («Бакъара», аят 172, ва «ал-Муъминун», аят 51).

Анасидасан бицараб хIадисалда буго, хIалалаб жо тIалаб гьаби щивав бусурбанчиясда тIадаб бугин абун.

Цо-цо гIалимзабаз абула доб цебе рехсараб аяталъулъ бугеб «бацIцIадабин» абураб рагIиялъул магIна, хIалалаб кванайин абураб бугин. Доб сураялъул хадусел аятазда буго: «Гьедин нужеца гьабичIони (риба кванан, хIарамаб нухалдалъун боцIи-мал тIалаб гьабун), гьелдалъун нужеца Аллагьасда ва Гьесул расуласда ﷺ рагъ лъазабуна», - ян («Бакъарат», аят 279).

Дунялалъуб рокъоб кваналебгун тIаде щолеб ризкъи-малалъул халгьабичIони, ахираталда гьеб нилъер гIамал мекъи ккеялъе ва жужахIалде рехун гIакъуба гьабиялъе сабаблъун батизе рес буго. Гьелъин тIаса-масаго тезе бегьулареб хIалалаб нухалдалъун магIишат тIалаб гьаби.

ХIалалаб нухалдалъун ризкъи тIалаб гьабиялъул хиралъиялъул Аварагас ﷺ абулеб буго: «Жиндирго лъимал-хъизамалъе хIалалаб тIалаб гьабизелъун хьвадулев чи Аллагьасул ﷻ нухда жигьад гьабулесда релълъун вуго, гьединго, гьев вукIуна шагьидзабазул даражаялдаги», - ян абун (ТIабарани).

Цогидаб хIадисалда буго: «Щив чи вугониги кIикъого къоялъ хIалалаб квен кванарав, Аллагьас ﷻ гьесул рекIеда нур базабула, хадуб живги Аллагьас ﷻ дунялалдехун зугьд бугевлъун лъугьинавула», - ян (Абу-НагIим).

Цо къоялъ Абубакар-асхIабас жиндирго хъулухъчияс бачlараб рахь гьекъон буго ва хадуб гьикъун буго гьаб кисайилан абун. Гьес жаваб кьун буго: «Цо къавмалъе дица жагьилаб заманалъул къагlидаялда пал тlамуна, гьелъухъ щвараб буго», - ян. Гьеб мехалъ Абубакар-асхIабас, кlалдире килщалги регьун, къватlибе лагlун бачIинабуна рахь ва Аллагьасдехун ﷻ вуссун абуна: «Я Бетlергьан Аллагь ﷻ! Дица Дуда тlаса лъугьин гьарула бидурихьазулъе араб ва чорхолъ бессараб рахьалдаса», - ян. Гьедин гьабун буго Гlумар-асхlабасги, мекъиги ккун, закагIаталъ бачlараб варанидул рахь гьекъедал.

ХIалалаб квен кванай буго дугIа къабуллъиялъе сабабги. СагIд-асхIабас Аварагасда ﷺ гьаранила, Аллагьасда гьарейин жив дугIаялъе жаваб гьабулевлъун лъугьинавейин абун. Цинги Аварагас ﷺ гьесда малъун буго кваналеб жо хIалалаб нухалдалъун щвараб букIинабиялда тIадчIей гьабейин, цинги дур дугIаялъе жаваб гьабилин абун.

Цоги, ибну ГIабасица Аварагасдасан ﷺ бицун буго: «Байтул Мукъаддасалда вуго Аллагьасул ﷻ цо малаик. Щибаб сордоялъ гьес ахIулеб буго: хIарамаб жо кванарав чиясул сарфги гIадлуги къабул гьабуларо», - ян. ГIалимзабаз баян гьабураб кинниги, «сарф» кколеб буго суннатал гIамалал, «гIадл» - паризаял.

БетIергьанас ﷻ тавпикъ гьабеги гIамалал ракIбацIцIадаб нухда тIуразаризе!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...