Аслияб гьумералде

Машгъул гьарулеб

Машгъул гьарулеб

КIвахIаллъи буго инсанасулъ ругел тIабигIатазул бищун нахъегIанаб хасият. Гьеб сабаблъун инсан гIибадат-гIамалалъулъ нахъе ккола.

 

Гьелдалъун, рухIияб рахъ гуреб, чорхол сахлъиги чIунтула. Гьеб буго иман загIиплъиялде рачунебги, гIамал-гIибадаталдаса машгъул гьарулебги, рекIелъ бугеб унтиги.

Имам Жунайдул Багъдадияс абун буго: «ГIибадаталъулъ кIвахIаллъи буго ракIалда тIад чIвараб кьаву. Кьавуялъ кванараб хвалчен рекIараб букIунареб кинниги, кIвахIаллъараб ракIалдаги кIоларо Аллагьасде ﷻ гIагараблъун букIине», - ян.

Иман загIиплъарабгIан ракIги гIодобчIвала, цинги дагь-дагьккун парзазулъги кIарчанлъи гьабиялде рачуна. Гьеб мехалъ кумекалъе бахъуна шайтIанги, инсанги БетIергьанасдаса ﷻ рикIкIалъизе лъугьуна. Аварагас ﷺ абун буго: «ЛъикIаб гIамал гьабизе инсан лъугьунеб мехалъ шайтIаналъ гьесда абула: «Метералде тIамун те», - ян. Гьеб хIалалда гуккула шайтIаналъ гьес гьеб иш тIубанго рехун тезегIан», - абун (Бухари).

Инсан Аллагьасе ﷻ гьабулеб гIамалалдаса машгъул гьавулеб цоги иш буго дунялалде бугеб рокьи. Имам Гъазалияс хъван буго: «Дунялалъул тIалабаз цIураб ракI гIибадат-гIамал гьабиялъе бакIаблъун лъугьуна», - абун.

Ибну ГIатIаиллагьил Искандарияс хъван буго: «Кин кIолеб гIибадаталъулъ кIвахIаллъи гьабизе, жив кидаго вихьулевлъун Аллагь ﷻ вукIин лъалев чмясда?! КIвахIаллъи тIаса уна мун кидаго Гьесда ﷻ цеве вугин абураб бичIчIи дулъе бачIараб мехалда», - абун.

Ибну ГIарабияс абун буго: «Дагьаб бугониги кидаго гьабулеб гIамал лъикIаб буго гьоркьо-гьоркьоб гьабулеб чIахIиялдаса. КIвахI къинабула гIемералдалъун гуреб, дагьаб бугониги Аллагьасе ﷻ бугеб ритIухълъиялдалъун», - абун («Фусусул ХIикам»).

КIудияв вали, шайих ГIабдулкъадир Жиланияс абуна: «Какилъ кIвахIалав лагъ вугони, гьес жиндаго гьикъе: «Аллагь ﷻ гуресдехун цIикIкIун бухьараблъун бугищ дир ракI?» - абун. ХIакъикъияв муъминчияс гIедегIил гьабула ТIадегIанасда ﷻ дандчIвазе (Гьесде ﷻ гIагар гьавулеб гIамал гьабун), кIвахIалас абуни нахъбахъула, щайин абуни гьесул ракI дунялалъул жалазда хурхун бугелъул», - ин.

Какил кIвар гьабунгутIиги буго иман загIиплъи. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Чиясдаги купруялдаги гьоркьоб бугеб жо буго как тей», - ян.

ЛъикIал гурел чагIазулгун гьалмагълъи гьабиялъги рачуна гIибадаталъулъ кIвахIаллъиялде, гьелъул хIукъукъал тIураза-рунгутIиялде ва гьеб нахъе тIамиялде. Нахъе тIамидал гIуждаса борчIун ккола паризаяб гIамал. ГIалимзабаз абула: «Дур гьалмагълъиялъ дуде асар гьабула, гьединлъидал, дуда Аллагь ﷻ ракIалде щвезавулев тIаса вище гьалмагълъи гьабизе бокьарав», - абун.

 

Кин кIвахI тIаса инабилеб?

КIвахI тIаса инабиялъе кумек гьабулеб иш буго иман щула гьабулеб гIамал. Сунца иманалъе кумек гьабулеб батаниги, гьеб иш гIемер гьабунагIан кIвахIги тIагIинабизе кIола. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Аллагьасе ﷻ гIамалазул цIикIкIун бокьулеб буго, дагьаб батаниги, кидаго тIадчIун гьабулеб иш», - абун (Бухари).

Гьебги ккола Аллагь ﷻ рехсей, гьабулелъе кумек гьарун БетIергьанасде ﷻ дугIа гьаби, хвел, хоб, Къиямасеб къо гIемер ракIалде щвезаби, гьабуралда ракIбухIун тавбу гьаби, лъикIазулгун гьалмагълъи кквей, гьез гьабулеб гьаби.

Шайих АхIмад РифагIияс абуна: «Гьабулеб гIибадаталъулъ кIвахI халлъараб мехалъ, дуда лъай, гьеб дур гIумруялда баракат гьечIолъиялдалъун букIин. Баракат тIалаб гьабе тавбу гьабиялъулъ, ракIбацIцIад гьабиялъулъ ва суннаталда нахъвилъиналъулъ», - абун.

Имам Гъазалияс хъван буго: «Дурго гIунгутIаби рихьизе заман бате гIадамаздаса ватIалъизе. КIвахI – унти буго. Бокьараб унтиялъе хIажат букIуна гьелда хадуб хъулухъ ва дару гьаби», - абун («ИхIяу гIулуму ддин»).

Цоги кумек гьабулеб ишалдасан буго Аварагасде ﷺ гIемер салават битIи. Шайих МухIаммад Багьавудин Накъшубандияс абуна: «Салават битIи рекIел канлъи буго. Аварагасде ﷺ гIемер салават битIулев чиясе Аллагьас ﷻ гIибадаталъулъ бигьалъи гьабула», - ян.

Аллагьас ﷻ бигьа гьабеги щивасе гьабулеб гIамал-гIибадат, къуват кьеги кIвахIги тIаса инабун, берцинаб гIумру тIамизе!

 

АхIмад Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...