Аслияб гьумералде

Шукру, ва нахъеги шукру

Шукру, ва нахъеги шукру

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъее кьураб бищунго кIудияб хазиналъун буго рекIелъ Аллагьасде ﷻ божи лъун ва черх исламалъул нухда тIобитIун бати. Гьелдаго цадахъ цо-цояз гIумру гьабулеб куцалъул хIисаб гьабидал, бичIчIулеб буго кигIан рахIаталда Аллагьас ﷻ нилъ хьихьун ругелали.

Хасго гьаб хIабургъараб заманалда, хIалхьиялда Аллагьас ﷻ тун рукIиналъухъ лъугIел гьечIеб хIамдгун рецц Гьесие ﷻ гьабизе тIадаллъунги руго нилъ.

Хирияб Къуръаналда Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Дур Аллагь ﷻ гIадамазе лъикIлъи гьабулев вуго. Амма гIадамал щукру гьабулареллъун руго», - ян (сурату «Намль», 73 аят).

ГIемерисезул букIуна, кигIан рахIаталда ругониги, нахъасаго къотIулареб зигара. Гьебин абуни буго нилъер шукру гьечIолъи. Аллагьас ﷻ кьурал нигIматазул гIемерлъиялъ, лъица гьел кьурал, гьелда нахъа щив вугевин абураб суалал кьезеги, гьелда тIад ургъизеги нилъеда кIочон толеб буго.

Гьединго Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абун буго (магIна): «Нуж рижаравги Аллагь ﷻ вуго. Нужее ракI, беразда бихьи, гIиназда рагIи кьуравги Гьев вуго. Нужер шукруялъул дагьлъиго щиб?» - ян (сурату «Мульк», аят 23).

Аллагьас ﷻ нилъее цохIо черхалъул рахъалъ кьураб камиллъиги, сахлъиялъул рахъалъ кьураб щвалде щвейги шукру гьабун рагIалде бахъунеб нигIмат гуро. Сахлъиялъул рахъалъ Аллагьасе ﷻ щукру гьабизе нилъ рекIеда ратула цо щокъав чи вихьидал. ЛъикIав чияс бицун буго: «Дир кутакаб ракI къварилъи букIана хьитал росизе щоларого мискинго вукIиналъ. Амма дунго хIатIидагIицIго вукIин кIочана, хIатIалго гьечIев чи вихьидал», - абун. Гьединаб кантIи Аллагьас ﷻ кьейги кIудияб рахIмат буго. Пикру гьабунгутIиялъ кантIиялдаса Аллагьас ﷻ махIрум гьарурал диналъул яцалгун вацал чанха рихьулел жакъасеб къоялъ?

Нилъер бералда бихьулеббихьулареб, гIиналда рагIулебрагIулареб махлукъат ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсанасе квербакъиялъе бижун буго. Инсанасе пайда бугебщинаб кинабго Аллагьас ﷻ гьесие мутIигIги гьабун буго. Сундулъго лъун буго Аллагьас ﷻ инсанасе цо кинаб букIаниги пайда. КигIан кIудияб зарал жиндаса букIаниги, чиясе пайда гьечIеб жо бижунги гьечIо. ХIисаб гьабе, борхьил загьруялъулги найил гьацIулги.

Борхьил загьру буго кколеб къадар инсанасул чорхолъе ккани, гьев хвезавулеб жо. Амма, гьелдаго цадахъ, борхьил загьру буго тIиб-гIелмуялда рикIкIунеб, дару-хералъе хIалтIизабулеб нигIматги. Найил гьоцIо буго Къуръаналдаги рехсараб, инсанасул черхалъе бугеб пайдаялъул бицун хIалкIолареб дарабазул хазина. Амма гьелъулги къадар кколелдаса чорхолъе цIикIкIани, гьелъги рес буго инсан хвезавизе.

Гьанже пикру гьабидал, гьаб кIиябго гIадатияб мисалалъ тасдикъ гьарулел руго хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «Балагьалда гьоркьор нигIматалъул бутIаби камулареб, нигIматазда гьоркьоб балагьалъул бутIабиги камулареб», - абураб.

Найил гьацIул мисалалдаса бихьулеб буго кигIан кIудияб нигIмат Аллагьас ﷻ нилъее кьуниги, бер биххун нилъеца гьелдаса мунпагIат босаниги, гьелъулъги гIумруялдаса ратIа гьаризе кIолебги зарал камулареблъи. Гьединго бихьулеб буго борхьил загьруялдаса, кигIан кутакаб балагь Аллагьас ﷻ тIаде биччаниги, битIараб рахъалдасан гьелъухъ балагьани, гIумру хвасар гьабулеб хIисабалъул пайда гьелъулги букIин.

ПалхIасил, нилъее лъикIлъи гьечIеб жо Аллагьас ﷻ нилъеде тIаде тIамуларо. 99 нухалъ эбелалъе лъимер бокьиялдаса, нилъ цIикIкIун рокьулев Аллагьас ﷻ рес гьечIелъул нилъее заралияб гьабизе. Аллагьас ﷻ амру гьабураб гьабун, нагью гьабураб тун, Гьесие ﷻ бажарараб шукруги гьабун рукIин буго нилъер кIудияб талихI.

ПАТIИМАТ ХIАСАНОВА

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...