Аслияб гьумералде

ГIалимчи вукIун гIоларо

ГIалимчи вукIун гIоларо

Абу Язид БастIамиясулгун лъеберго соналъ гьалмагълъи гьабун вукIун вуго цо гIалимчи, къад кIалал ккун, къаси сардал гIибадаталда рорчIун. Цинги цо къоялъ гьес абун буго Абу Язидида: «Я дир сайид! Дица дуе хъулухъги гьабуна, дуеги мутIигIлъана, кинниги дие загьирлъичIо БетIергьан Аллагьас нужер ракIазулъ лъолел балъгоял гIулумаздасан щибго асар», - абун.

 

Жаваб гьабун Абу Язидица абуна: «Къад кIалал ккун, къаси сардал рорчIун, лъеберго гуреб, лъабнусго соналъ дида аскIов чIаниги, дуда батизе гьечIо гьеб сирруялъул цо заррагIанасеб къадаргицин. Мун вукIиналъе гIоло дурго напсалдалъун Аллагьасдаги ﷻ дудаги гьоркьоб пардав гьабуравлъун ва Аллагьасде ﷻ щвеялдаса къотIаравлъун дурго гIамал дудаго кIодолъун, гIемерлъун бихьиялдалъун», - абун.

Цинги гьев гIалимас абула: «Я Абу Язид, дун тIовитIе, диде малъе гьелъие, ай чIухIараб напсалъе дару», - ян. Гьеб мехалъ Абу Язидица абула: «Мун а, дуца кIкIвай дурго мегежги, бахъе гьеб ретIелги, ай гьебги хисун гIадатияв чиясул ретIелги ретIе, рехе габунибе таргьаги, бай жанибе цIулакьоги. Цинги дандчIварал лъималазда абе: «Дир гьурмада кьабурасе цIулакьо кьела», - ян. Цинги гьебго хIалалда хьваде мунго лъалел гIадамазда гьоркьов базаркъотIнов», - абун. Абу Язидил малъиялъе жаваб гьабун гьес абула: «СубхIанаЛлагь! Дун гIадав чиясдейищ гьедин абулеб?» - ян. Абу Язидицаги абула: «Дица гьабураб малъиялде данде абураб гьеб дур «СубхIанаЛлагь» абураб рагIи ширк буго, дуда дурго напс кIодолъун бихьиялдалъун». Хадуб гьес абула: «Дида, гьеб гуреб, цоги дару малъе», - ян. Абу Язидица абула: «Дуе гьеб гуреб дару гьечIо», - ян.

Халгьабеха, муъминзаби, гIелму цIаларав вукIиналъе гIоло, додигIан напс кIудияв чиясда гIалимин кин абилеб? ХIасил, гьаб къиса жакъа нилъер заманалда кинавниги бусурбанчияс, хасго гIелму цIаларалин ругез, вагIза хIисабалда щибаб къойил цIаланиги, гIемер букIинаро. Напс ккола инсанасул бищун кIудияб тушман.

Какилъ суждаялда вукIаго ракIалде вас-вас бачIани, гьеб шайтIаналдасан букIунаро, напсалдасан букIуна, ай суждаялда иблис нилъеда аскIобе бачIунаро. Щайин абуни, Адам аварагасе сужда теялдалъун жиндего тIаде бачIарабщинаб ракIалде щун, жибго жиндего машгъуллъун хутIула гьеб. Халгьабе напсалъухъ, суждаялдацин нилъ хIалалда толареб.

Тасаввуфалъул агьлуялъ гIелму-гIамалалдасан тIалаб гьабулеб жо напс квегъи, ракI бацIцIалъи буго. Аллагас ﷻ киназего тавфикъ кьеги напсги ракIги бацIцIад гьабизе.

Абу Язид БастIамияс абун буго: «ТIадегIанав Аллагьасдаса ﷻ гъапуллъигIан захIматаб гIакъуба гьечIо, цохIо бер къанщизегIан заманалъцин Гьесдаса ﷻ гъапуллъи цIаялдаса захIматаб букIиналъе гIоло», - ян. Халгьабе, тIарикъаталъул агьлуялда аскIоб хIузуралъул бугеб кIудияб кIваралъухъ! КIвар гьабичIого хIузур кинха телеб, кинабниги гIибадаталъулъ чорхое рухI гIадин чара гьечIеблъун жиб бугелъул.

Сайфуллагь-къадиясги абун буго, муридасда даимго хIузуралда чIун бажаруларин, ай гьеб захIматаб иш бугин, тавбу гьабейин абейин гьединав муридас гъаплаталдасаян. Гьедин даимго гъаплаталдаса тавбу гьабун ругьунлъани, чи даим хIузур цIунаравлъун вукIуна. Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ абун бугелъул: «Мунагьалдаса тавбу гьабурав чи мунагьго гьабичIесда релълъун вукIуна», - ян.

ТIарикъаталъул агьлуялъ гъаплат рикIкIуна бищунго кIудияб мунагьлъунги. Гьелъин абулеб, фикъгьиял тIахьал цIалиялда къокълъун чIечIого, тасаввуф агьлуялъул тIахьалги гьез цIализе кколин абун. Гьел тIахьаз бицуна рекIел унтаби кин сах гьарилелали, какарал тIабигIатаздаса кин рухI бацIцIад гьабилебали ва Аллагь лъаялде ﷻ кин рачинелали. Гьелъ абурабги буго тасаввуф агьлуялъул тIахьал ругин Аллагьасул ﷻ бояздаса цо бойилан.

Аллагьас ﷻ кантIи кьеги щивасе! Амин!

 

Макъала хъвалелъул пайда босана СагIид-афандиясул рухIияб ирсалдаса

 

 

АхIмад Къурбанов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...