Аслияб гьумералде

Алжаналъул гIаркьел

Алжаналъул гIаркьел

Мунагьал гьариялдалъул гIакъуба гьабиялъе сабаблъун бугезул цояб ккола нич тIагIин. Нич ккола нигIматазул аслуги. Гьеб тIагIаравги нигIматалдаса ва цогидал лъикIлъабаздаса махIрумлъула. «СахIихIалда» рехсолеб буго Аварагасул ﷺ хIадис: «Нич – гьеб тIубанго нигIмат буго», - ян. Цоги машгьураб хIадисалда буго: «Цере рукIарал аварагзабаздаса гIадамазда лъаралдасан ккола, дуца бокьараб гьабе, дуда нич батичIониян абураб рагIи».

 

Аварагас ﷺ ничалдаги иманалдаги гьоркьоб бугеб хурхеналде кIвар буссинабун абуна: «Иманалъул гIуцIи буго лъабкъоялда анцIгоялдасаги цIикIкIун гIаркьелалдаса. Гьелъул бищун тIадегIанаб буго – «Ла илагьа илла Ллагь» абун Аллагь ﷻ ритIухъ гьави, гIодобегIанаб – гIадамазе рилълъанхъизе квалквал гьабулеб жо нухдаса нахъе реххи. Ничги гьел гIаркьалабазул цояб буго», - ян (Муслим).

АлхIамдулиллагь, Аллагьас ﷻ нилъ бусурбабилъун ратун ругелъул, гьединлъидал, гьабулеб гIамалги нилъер букIине ккола аварагас ﷺ бихьизабуралда нахърилълъун гьабулеб. Амма нич гьечIев чи къосарав, иман гьечIев вугинги абизе бегьуларо.

Аллагьасдаса ﷻ бачIун аварагас ﷺ бицун буго (хIадису къудсиялда): «Мун гIадамаздаса нечола, Дидаса ва Дир малаикзабаздаса нечоларо, Диде гIасилъун мунагьалги гьарула. Гьедин гьабиялдалъун дуде Дир гIакъуба щвезе буго», - ян. Гьединлъидал, бищун цере нилъ нечезе кколелги ТIадегIанав Аллагьасдаса ﷻ руго. Гьесдаса нечейги буго хIакъикъияб нич.

Нилъ ругелъул цIакъ загIипал, гьабун гIамал лъугьунарел, гьелъ ракIалде ккезе бегьуларо Аллагьасдаса ﷻ букIине кколедухъ нечонги лъугьунеб гьечIин, гIадамаздасаги жив нечезе ккеларин абураб жо. Щайин абуни, гIалимзабаз абун буго нич букIунин кIиго батIияб: Аллагьасдаса ﷻ нечей ва гIадамаздаса нечей.

ГIадамаздаса нечей буго Аллагьас ﷻ гьукъараб хIарамалдаса цIунун чIей. ГIадамазда цебе гьабизе нечолеб, живго жиндаго вукIагоги гьабизе нечезе ккола чи. Гьедин гьабулеб гьечIони, гьеб буго гьесул Аллагьасдасаги ﷻ нечонгутIи.

Цо нухалъ Аварагас ﷺ ничалъул хIакъикъат баян гьабун абуна: «Я, гIадамал, нуж Аллагьасдаса ﷻ унго-унгояб нечеялъ нече», - ян.

АскIор рукIараз абуна: «Я, Аллагьасул расул ﷺ, Аллагьасе ﷻ рецц, ниж нечола», - ян. Цинги Аварагас ﷺ абуна: «Гьедин аби унго-унгояб нечей гуро. БукIине кколедухъ БетIергьанасдаса ﷻ нечарав чияс цIуне жиндирго бетIерги гьелъ жаниб бачарабщинабги (берал - хIарамалде ралагьиялдаса, гIундул - гьукъаралъухъ гIенеккиялдаса, кIал-мацI -  хIажат гьечIеб бициналдаса). Чехьги гьелда сверухъ бугебги (гIаврат - хIарамалде ккеялдаса, бохдул - къваригIел гьечIелъуре иналдаса, кверал ва гь.ц) цIуне абе. Хвелги, хун хадуб къаркъала туризе букIин ракIалде щвезабе. Ахират бокьарасги дунялалъул берцинлъи тола. Гьаб рехсараб гьабурав – гьев вуго унго-унгояб хIалалъ Аллагьасдаса ﷻ нечарав чи», - ян (Тирмизи).

Нич бугелъул алжаналъул гIаркьеллъун, жибги иманалдасан кколеб, гьеб тIагIинги жужахIалъул гIамаллъунги жиб кколеб ракI хъачIлъи бугелъул, чияс хIаракат бахъизе ккола гьеб жиндилъа тIагIунгутIизе. Гурони, гьединасда лъазе ккола жинца хадубккун ракIалде ккара-ккараб къабихIаб гIамал гьабизе бугеблъи ва ахир вуссинги гIазаб хIехьеялде бачIине бугеблъи.

Аллагьас ﷻ насиб гьабеги щивасе хIакъикъияб нич ва гьабулеб гIамал Аллагь ﷻ разилъуледухъ гьаби!

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Казбекалъулазги гьабуна кумек

Казбек районалъул жамагIаталъ, цо сордо-къоялда жаниб, бажарараб кумек гьабуна тIабигIияб балагьалъул квачIикье ккарал Хасавюрт районалъул гIадамазе.  Гьединаб кумек гьабизе ккеялъул бицун цеве вахъана районалъул имамзабазул советалъул председатель ва гьес киналго ахIана бажарарас бажарараб...


Дин ккола насихIат

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Муфтияталъе баркала кьуна

Хасавюрт районалъул бетIерасул ишал тIуралев Багьавудин Мамаевгун дандчIвана «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад Мусаев, муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, рехсараб районалъулгун шагьаралъул волонтеразул централъул нухмалъулев Адам Нажмудинов. Гьез бицана тIабигIияб...


Аварагасул ﷺ асараздасан

Авараг ﷺ мисал босулев чи вукIиналъ, асхIабзабаз Аварагас ﷺ хIалтIизарулел рукIарал алаталцин рехсана. Ибну Асирица баян гьабуна стакан гьоркьохъеб кӀодолъиялъул букӀанин, я гьитӀинаб, я кӀудияб гуреб. Аварагасе ﷺ бокьулаан алатазда хасал цӀарал лъезе, стаканалда цӀарги лъуна «Раян» абун. Гьесул...


Аварагас ﷺ течIеб как

Тагьажуд ккола боголил какдаса хадуб рогьалил как ахIизегIан балеб суннатаб как. Гьеб цIакъ кIвар бугеб какги буго. Гьеб базе бихьизабун буго рогьалил как базегӀан. КигӀан заманалъ кьижаниги, ворчӀун хадуб ва рогьиналде бараб как ккола тагьажуд.   Нагагьлъун, сапаралъ вугев чияс маркӀачӀул...