Аслияб гьумералде

ГIорцIарасда вакъарав вихьуларо

ГIорцIарасда вакъарав вихьуларо

Умумузул гьаб абиялда жаниб буго гъваридаб магIнаги исламияб гIелмудул кIудияб бутIаги. Цо рагIи рекъеялъе гьел рагIаби хIалтIизарун гурони, гьелъул магIнаялъул пикруго гьабуларо нилъеца. РачIаха гьабилин гьел рагIабазул хIисаб. Дица яхI бахъула ригьалъ кIудиял чагIигун дандчIвайдал цебе букIараб заманалъул гьезда бицинабизе.

 

Гьедин хабар бицунаго гIемерисезул бадиб магIу ххулула цебе заманалда хIехьезе ккараб къисматалъул балъголъи рагьулаго. Гьез аслияб кIварбуссинабула сундулъго гьанже бугеб гIатIилъиялде, хасго квана-гьекъолеб жоялъулъ. БогIоллъи кваназе щвечIого чанги сордо-къо анин бицуна гьез. Гьеб ракъуца черх загIип гьабун дунял таралги кканин гIезегIанилан тIадеги жубала.

Цо къоялъ МахIачхъалаялда дида ватана рощнол къалабахъ женжедилев кIудияб ригьалъул чи. Дида гьев лъалаан лъикIаб ресалда живгоги жиндирго лъималги ругев чи вукIин. Гьесул рагъариялъ дилъ бижизабуна рощнода сверун гьев квалквадиялъул хIакъикъат лъазе гъира. Дун тIаде щолаго гьев данде вачIана кодоб гьитIинабго, амма цIураб таргьагун. Гьеб бихьарав дун жеги гIажаиблъулев вукIана, унго гьав рищни хъирщулевдай вугевилан. Салам кьун хадуб дица щиб-кинали гьикъилалдего, дир суал бичIчIараб гIадин гьес абуна, гьале гьадин бакIарулилаха богIоллъи гьаниса.

- Щибго лъугьинчIеб чедги цогидаб кванил нигIматги къватIибе балеб буго гьаб заманалда. Рокъобеги бакIарун хъутаналде унеб машинаялда боцIуе кьезе битIулаха гIага-божаразе. Нижер заман бихьун букIарабани гьанже ругел гIадамазда гьез чадил кесек гIодобе бортизе тезе букIинчIо. Гьадин кидаго букIинадайха гьаб, - иланги абун, угьун биччана кIудияв чияс.

Балагьеха, диналъул агьлу, Аллагьас нилъее гьарзаго кьунин абун нилъеца инжит гьабизе бегьилищ нигIмат. ТукенчагIаз бицуна цебесеб къоялъ нахъе хутIараб, хIатта радал бачIараб чед къасиялде босуларила гIадамаз тамахаб гьечIинги абун. Гьеб жо нигIматалъе капурлъи кколародай?

Къуръаналда баянаб къагIидаялда абулеб буго: «…Нужеца кванай ва гьекъе, амма исрап гьабуге, Гьесие исрап гьабулел, тIасан ккарал гIадамал рокьуларо», - ян (сура «ал-АгIраф», аят 31).

Цогидаб аяталда буго: «НигIматазе нужеца щукру гьабуни Дица гьеб цIикIкIинабила», - ян. Гьелъул гIаксияб магIна ккола шукру гьабичIони дагь гьабилин абурабги. Нилъер щивасулин абухъего рокъор ругел руччабаз кванилъги кутакалда исрап гьабулеб буго. Щибго ккечIеб кванил нигIмат нахъе рехулеб буго. Гьединго гIемер рукIунел руго бихьиналги цо ригьалъ гьабураб квен цогидаб ригьалъ квинарин чIарал гIечIого хъизаназе кIудияб рагIи гьабулел. Гьебги кутакалда мекъи буго. Гьелде тIадеги кIудияб хIинкъи буго балагьал рачIун БетIергьанас гьеб нигIмат нахъе босиялда.

Аллагьас къуват кьеги нилъее нигIматазе щукру гьабизе!

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


ХIажатазе кумек гьабула

БетIергьанас ﷻ халкъ бижун буго цоцазе кумек гьабулеллъун, ай цоцада жидер гIумруялъул шартIал хурхараллъун. Гьединлъидалин паризаяб закагIаталде тIаде суннатаб садакъа кьейги лъикIаблъун бихьизабун бугеб исламалда жаниб. Дагъистаналда руго гIезегIан гурхIел-рахIмуялъул фондал.  Гьезул аслияб...


Казбекалъулазги гьабуна кумек

Казбек районалъул жамагIаталъ, цо сордо-къоялда жаниб, бажарараб кумек гьабуна тIабигIияб балагьалъул квачIикье ккарал Хасавюрт районалъул гIадамазе.  Гьединаб кумек гьабизе ккеялъул бицун цеве вахъана районалъул имамзабазул советалъул председатель ва гьес киналго ахIана бажарарас бажарараб...


БацIадаб ниятгун

Муса аварагасул заманалда гIумру гьабун вукIана цо динияв чи. Гьес Аллагьасе гIибадат гьабулаан, рукъалъул тIохда гIемерал какал ралаан. Цо къоялъ гьесухъеги рачIун цояз бицана гъотIое гIадамаз сужда гьабулеб ахил хIакъалъулъ. Гьебги рагIун, гIащтIиги босун, гъветI къотIизе къасдгун къватIиве...


КIиябго рокъоб талихI щвела

Нилъер диналда ригьин гьаби буго гIадат гуребги, цIияб гIумруялде гали тIамулеб, гъваридаб рухIияб магIна жиндилъ бугеб динияб къотIи-къай.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялде тIоритIел гьабулел гIаламатаздасан буго гьес нужее...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!         ГIабдулатIипова Хадижат, 7 сон, Кокрек росу. ГIабдулвахIидов МухаммадгIали, 10 сон, Краснооктябрьский росу. ГIабдулвахIидов Наби, 7 сон, Гъизляр...