Аслияб гьумералде

Дуца щукру гьабулищ?

Дуца щукру гьабулищ?

Бусурбанав ватиялъухъ.

– МухIаммад аварагасул умматалдаса гьавиялъухъ.

– ГIакълу бугевлъун вукIиналъухъ.

– Чорхол сахлъи букIиналъухъ.

– Беразул канлъиялъухъ.

– ГIундузда рагIулеб букIиналъухъ.

– ХIатIал-кверал сахал ратиялъухъ.

– Кваназе квен щвеялъухъ.

– Кварабщинаб регьунеб букIиналъухъ.

– ХIухьел цIазе гьава батиялъухъ.

– Хинлъизе ва канлъи кьезе бакъ щвеялъухъ.

– РацIалъи гьабизе ва гьекъезе бугеб лъехъ.

– Къаси канлъи бихьизе бугеб моцIалъухъ.

– Жанив вукIине рукъги цогидал санагIаталги кьеялъухъ.

– ХIухьбахъизе бугеб ресалъухъ.

– РекIелъа пашманлъи босун ургъел тIаде бегичIолъиялъухъ.

– Эбел-эмен чIаго ратиялъухъ.

– ХIалалай лъади щвеялъухъ.

– Лъимал-хъизан кьеялъухъ.

– Исламияб лъай щвеялъухъ.

– Бокьараб гьикъизе ругел гIалимзаби рукIиналъухъ.

– ТIарикъат лъалел хIакъал муршидзабазухъ.

– ГIага-божарал аскIор ратиялъухъ.

– Дунял гьабизе ресал ва къуват кьуралъухъ.

– Чорхое сабруги рекIее парахалъиги щвеялъухъ.

– Аллагьасе гIибадат гьабизе бугеб гъирагун санагIаталъухъ.

– Аллагьасе тIагIат гьабизе рагьарал мажгитазухъ.

– ГIелму цIализе санагIатал мадрасабазухъ.

– ГIелму босизе рес бугел тIахьалгун казиятазухъ.

– РикIкIадаб бакIалде ине рес букIиналъухъ.

– Ракълилаб, хIинкъи гьечIеб, парахатаб заманалъухъ.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...