Аслияб гьумералде

Аллагьасул рахъ тIаса бищи

Аллагьасул рахъ тIаса бищи

ТIадегIанав Аллагьасул хирияб Къуръаналда буго бихьинчиясе ункъо чIужу ячиналъе ихтияр кьолеб калима. Гьелда тIасан жагьилал чагIазул хабарги камуларо. Масала, Бичасул аварагас гьел рачана исламалъул кьалбал щула гьаризелъун.

Хирияс цо гурони яс-гIаданги ячинчIо. Гьейги йикIана Абубакрил яс ГIаишат. Гьелдасан рицарал руго бищун гIемерал хIадисалги. Аварагасул лъудбузул цояй, ГIумар асхIабасул яс ХIафсат йикIана бищунго лъикI Къуръан лъалезда гьоркьоса. Гьединго Хириясул цогидал лъудбиги рукIана исламалъе гIатIилъи щвеялъе, батIи-батIиял тухумалгун рекъел щулалъиялъе гIоло рачарал.

Жиндирго анлъабго лъимадул эбел, тIоцеесей чIужу Хадижат чIаго йикIаго, Бичасул аварагас цониги лъадиги гьелде тIаде ячинчIо. Хадижат хведал аварагас ячарай гIадан Савдатги йикIана къоролай, чIегIеркIкIуяй, бицинегIанасеб берцинлъи гьечIей гIадан. Амма гьей йикIана кутакалда гурхIел бугей ва аварагасул бесдалго хутIарал лъималазе лъикIлъиги букIана гьелъул кIудияб.

Гьалдасан бичIчIула аварагас руччаби рачиналъе букIараб гIилла.

АсхIабзабаз лъудби рачунел рукIана уммат цIикIкIиналъе гIоло. Доб букIаралъулха МухIаммадил умматалъул байбихьиго бугеб заман ва гIемерал лъимал гьари букIана чара гьечIеб ишлъун. Хирияв аварагас абун бугелъул къиямасеб къоялъ жиндир умматалъул гIемерллъиялдаса жиндие рохелги чIухIиги букIине бугин цоги аварагзабазда цебейилан абун.

Хириясул гьел рагIабазе гIологи яхI бахъулеб букIана асхIабзабаз, Аллагьас Къуръаналда кьураб ихтияралдаса пайдаги босун, лъудби рачине ва лъимал гьаризе. Мискинлъи бугониги, Аллагьасдаса хIинкъун, тIад калам гьечIеб хIалалъ гьабулаан лъималхъизамазда гьоркьоб асхIабзабаз ращалъиги.

ГIабдулгъафурил МухIаммадие кьураб, ай гIемерал руччаби рачине бегьулищин абураб суалалъе гьес гьабуна гьадинаб жаваб: «Гьанир рачун, дора риччан, дора рачун, гьанир риччан питна гьабулеб гьечIони, гьоркьоб ращалъиги гьабулеб бугони, рачине бегьула», - ян абун.

Диналъул вацазда кIочон толеб бугелъулха ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда руччаби рачине кьураб ихтияралда цадахъ лъолеб бугеб шартI. Аллагьас абулеб буго: «...Рачине хIал кIолеб бугони, ращалъи гьабунги бажарани», - абун.

Аварагасул суннатин, Къуръаналда кьураб ихтиярин абун, руччаби рачиналде цо-цо бихьинал паналъараб заман буго гьаб. Рокъоб кIиго-лъабго льимер хIалалъ хIебтIун бугеб заманалда цоги лъади ячиналда тIад ургъулев вуго рос.

ЦIияй лъадиги ячун кепалда вугев росасеги ургъелго кколеб гьечIо гъоркь бугеб хъизан бихханигибиххичIониги. Гъоркь йигей лъади иман-яхI, сабур бугей йигони, хъизан буцIцIун хутIулеб буго. Гурони… Аллагьасул вали Ибрагьим бин ГIали Аз Зугьлица бицана, жинда рагIанила ЯхIя бин ЯхIядаса бицунеб: «Дун цо нухалда гIодов чIун вукIана Аллагьасул кIудияв вали Суфян бин ГIуяйнагун.

Гьеб заманалда гьесухъе вачIана цо чи ва абуна: «Я, Абу МухIаммад, дун вачIана духъе дирго лъадудаса гIарзалъ. Щайин абуни, гьелъие дун вуго кутакалда хIакъиравлъун ва гIодовегIанавлъун», - абун.

Суфяница гьикъана: «Дуца гьей ячунелъул мурад букIун батила гIадамазда гьоркьоб цIар тIибитIи, къимат борхи? Щив вугониги ригьин гьабулелъул, ай чIужу ячин, росасе ин жиндир мурад бугев, ай гIадамазда гьоркьоб къимат борхиялъе гIоло, Аллагьас гьев гIодовегIан гьавула; бечелъизе мурад бугев, мискин гьавула; Аллагьасде щвей мурад бугев, Жиндего гIагар гьавула, гьесие бечелъиги кьола, гIадамазда гьоркьоб къадруги цIикIкIуна», - ян. Гьелдаса хадубги Суфяница бицана гьадинаб хабар.

«Нижер вукIана ункъо вац: МухIаммад, ГIимран, Ибрагьим ва дун. МухIаммад вукIана бищунго кIудияв, ГIимран - бищун гьитIинав. МухIаммадие бокьана чIужу цIар рагIараб тухумалдаса йикIине. Ячана гьес гьединай гIаданги. Аллагьас абуни дир вац гьелдаса хадув гIодовегIан гьавуна, ай кьечIо гьесие талихI. ГIимрание бокьана лъади ячиналдалъун бечелъизе. Ва гьесги тIаса йищана бечедаб хъизамалдаса яс.

Амма Аллагьас дир вац гьавуна бищунго мискиназдасан. Дие лъади ячине заман щведал, дица гIакълу дандбана МагIмар бин Рашидида. Гьес бицана хирияв аварагасул хIадис: «Бихьинчияс лъади ячуна ункъо жоялъе гIоло: берцинлъиялъе, бечелъиялъе, тухумалъул цIаралъе, динияб рахъалъе гIоло.

Динияб рахъ тIаса бище нужеца. Гьеб тIаса бищарасе хадуб лъабгоябги кьезе буго», - ян абураб. Дица тIаса йищана динияй гIадан. Ва Аллагьас дие гьелде тIаде кьуна бечелъиги, гIадамазда гьоркьоб къиматги», - ян.

Аллагьас нилъ гьареги кIиябго рукъалъул талихIги батун, ракIазе парахалъи щварал лагъзадеридасан. Амин.

ПАТIИМАТ ХIАСАНОВА

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Аварагас ﷺ течIеб как

Тагьажуд ккола боголил какдаса хадуб рогьалил как ахIизегIан балеб суннатаб как. Гьеб цIакъ кIвар бугеб какги буго. Гьеб базе бихьизабун буго рогьалил как базегӀан. КигӀан заманалъ кьижаниги, ворчӀун хадуб ва рогьиналде бараб как ккола тагьажуд.   Нагагьлъун, сапаралъ вугев чияс маркӀачӀул...


Сабру тIагIин буго балагь

Кинаб бугониги балагь бачIиндал, нилъеда ракIалде ккола гьабунщинаб гIадада хванин, дица щиб гьабилебин абун, сабру тIагIуна.   Гьеб буго мекъаб пикру, гьединаб лъугьа-бахъиналда сабру гьабун чIезе ккола. Сабру гьабиялъулъ буго инсанасул къуват, бусурбанчиясул иман. Балагь бачIиндал, гьелъ...


Аварагасул ﷺ асараздасан

Авараг ﷺ мисал босулев чи вукIиналъ, асхIабзабаз Аварагас ﷺ хIалтIизарулел рукIарал алаталцин рехсана. Ибну Асирица баян гьабуна стакан гьоркьохъеб кӀодолъиялъул букӀанин, я гьитӀинаб, я кӀудияб гуреб. Аварагасе ﷺ бокьулаан алатазда хасал цӀарал лъезе, стаканалда цӀарги лъуна «Раян» абун. Гьесул...


ГIелмиябгун практикияб конференция

«Консолидированные стратегии лечения ожирения. Мультидисциплинарный подход: от хирургии до реабилитации» абураб цIаралда гъоркь МахIачахъалаялда тIобитIана гIелмиябгун практикияб конференция. Гьелда гIахьаллъи гьабуна нилъер республикаялъул тахшагьаралъул №3 клиникияб больницаялъул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Свакан вукIуна...   Дун росасе ана цо жигарав чиясе. Ниж рукIана бищунго лъикIал рос-лъадилъун. Гьес рагIи кьун букIана цадахъ гIемераб заман базе, цадахъ сапар бухьине, тира-сверизе. Амма гьанже дир ракI буссунеб буго. Гьев кидаго свакан вукIуна. Сундулго интерес гьечIо гьесие. Дир цониги...