Тохав чиясул нух
Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги Аллагьас ﷻ жинда рагъ лъазабурав, гьев чи гьалаглъана», - ян.
«РимахIу хIизбу рахIим гIала нухIури хIизби рахIим» абураб тIехьалда ГIамру ибну СагIид ал-Гъавсияс абулеб буго: «Дуда лъай, вализабазде инкар гьабулев чи Аллагьасул берзукьаги вортарав, дунялалдаги ахираталдаги гьалаглъарав, Аллагьасул ﷻ нагIанаялъулъги вугев чи вуго», - ян. Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна (магIна): «Гьединал чагIи, жидеца Аллагьасул ﷻ вализабазе зарал гьабулел», - ин. Аллагь ﷻ лъалев хIакъикъияв къутIбу АхIмад Зияудиница абулеб буго: «Дуда лъай, суфизабаздеги, гьезул (жалги нахърилълъунеб аварагасул ﷺ тIадегIанаб суннаталда жидеца гIодобегIанаб бидгIаги нахъе рехулеб), тIадегIанаб тIарикъаталдеги инкар кквей буго кIудияб гьалаглъи, унтабаздалъунги цIун Аллагьасдаса ракIбуссиналъул гIаламат, гьеб гьабулесул хIакъалъулъ рухI бахъи мекъи ккеялдаги хIинкъи бугеб, жинца чи чIвалеб загьру», - ян. Аллагьас ﷻ гьелдаса цIунаги. ГIемерисеб нухалда гьеб лъугьунаро жидеца гIелму цIалиялъулъ кIарчанлъи гьабулел факъигьзабаздалъун гурони, Ан-Набилисияс гьедин абураб кинниги.
Киналго гIасрабазулъ, гIадамазул гIайибаздасан цIех-рех гьабиялдалъун гьединал факъигьзабазул гIадат билълъанхъана. Жидер гIелмуялдехун хилаф бугеб жо батани, гьелъие кинаб бугониги бичIчIикьей гьабунгутIиялда, азарго батIияб рахъалдасан гьабизе рес батаниги, мекъи ккезе рес бугебщинаб жоялъе жидер гIелмуялъ тIалаб гьабухъе инкар гьабула загIипаб рахъалдасан бугонигицин. Гьез цогидазул мазгьаб жагьилаблъун гьабула жидер нухалде данде кколареб жоялъулъ, жеги гьезул нухалде ва гIалимзабазде инкарги ккола. Гьеб буго тохав факъигьасул нух.
ХIакъикъиял, ункъабго мазгьабалъулъ гIелмуялъул бичIчIи щварал факъигьзабазул ракIал дунялалдаса ахираталде руссарал руго, гьеб сабаблъиялдалъун гьезда аскIоб чIухIи, хIасад, цоцаздехун тушманлъи, ракIхъублъи, рихьдае гIамал гьаби гьечIо. ХIакъикъияб куцалда Аллагьасул ﷻ хIукмабиги жидеда аслиябги фаргIиябги рахъалдасан лъазеги лъала.
Абу-Тураб Нахшабияс хъвалеб буго: «Аллагь ﷻ лъалездасан буссиналъул пихъалда ракI ругьунлъараб мехалда, гьеб лъугьуна гьездасан гъибат-бугьтан гьабиялде», - ян.
ХIадисалда буго Авараг ﷺ вукIанила гъазаваталда. Гьений цо чIужугIадан йикIанила жиндирго каранда хахулеб гьитIинаб лъимада сверун лъугьун гьеб балагьулей, жинда гьеб батидал гьелде тIадеги къулун гьелъие керен кьолей. ГIажаиблъун гьелъухъ асхIабзаби балагьидал, Аварагас ﷺ абуна: «Лъимада гьай гурхIулелдасаги цIикIкIун Аллагь ﷻ гурхIулевлъун вуго жиндирго муъминав лагъасда», - ян. Гьаб Аллагьасул ﷻ рахIматалдасан загьирлъулеб буго Аллагьасул ﷻ гьезие бугеб кумек ва гьездехун тушманлъи гьабурасде Гьесул ﷻ рагъ гьаби. Щайгурелъул, гьел руго Аллагьасул ﷻ балъголъи баччулел ва Гьесул ﷻ нуразул магIданал. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ абуна (магIна): «Аллагь ﷻ вуго иман лъурал чагIазул вали (гьезие гъоркьчIел тIалаб гьабулев», - абун. Вализабазе зарал гьабулесе, Аллагьас ﷻ гIадлу гьаби хехаблъун букIин тIадаб гьечIо, Аллагьасда ﷻ аскIоб дунялалъул заман къокъаб букIиналъе гIоло. Щайгурелъул, дунялалдаго Жиндие рокьулезе гIамалалъухъ кири кьезе жив разилъичIелда релълъун, гьаб дунял жиндир тушбабазе гIакъуба гьабулеб бакIлъун букIинеги жив разилъичIо».
Аллагьас ﷻ цIунеги Гьесул ﷻ рокьулездехун квешаб пикру лъугьиналдаса! Амин!