Аслияб гьумералде

ШайтIаналъ гуккизе чIоге

ШайтIаналъ гуккизе чIоге

Как балев чи васвасди, гьабураб рукну-шартI тIубанадаян щакдари буго шайтIаналъ гьесулгун гьабулеб расанди. Васвасдулев чиясул гIакълу жагъалаб яги диналъулъ мукъсанлъи букIиналде тIоритIел гьабулеб жо бугин васвасилан хъван буго тIахьазда. Васвасалъул кумекалдалъун шайтIаналъ инсанасул гIумру къварид гьабула, динги захIматаблъун ккезабула. Исламин абуни буго бигьаяб дин. Аварагас ﷺ абуна: «Дун гIадамазухъе витIун вуго бигьаяб динги босун».

 

Вавасалъ толарев чиясе лъикIаб буго «Ла илагьа иллаЛлагь» абураб калима абизе, гьебгиха ракIбацIцIадго, хIузуралда. Аллагь ﷻ рехсараб мехалъ щайтIан нахъе къала. Ханнас (Аллагь ﷻ рехседал нахъе къалеб) абураб цIарго иблисалъе гьедин щвараб буго.

АбулхIасан Шазалияв устарас (къ.с.) муридзабазда малъулеб букIун буго васвасги квешал пикрабиги нахъе кьабулеб къагIида. Гьес абулеб букIун буго: «Васвас яги квешал пикраби ботIролъе рачIунеб мехалъ, кваранаб квер ракIалда тIадги лъун, анкьго нухалъ абе «СубхIанал Маликил Къуддус Ал-Халлакъил ФагIгIал». Цинги суратул-Ибрагьималъул къоло цоабилеб аятги цIале». Какилъе лъугьунев чияс как бухьинелде цебе абизе бегьула гьеб.

Гьединго, васвасалъе дарулъун бихьизабун букIуна «АгIузу биЛлагьи мина-щайтIани-рражим» аби, какилъги гьелда къватIибехунги. Лъабго нухалда гьаб дугIа цIализеги лъикIаб буго: «Аллагьумма инни агIузу бика мина щайтIанил васвасати хинзиб».

Васвасалъе дару щиб букIунебилан гьикъидал, ибну ХIажарица гьадин абун буго: «Васвас сах гьабиялъе лъикIго асар гьабулеб дару буго. Гьелъие дару буго тIубанго щибниги бербалагьи гьелдехун гьабунгутIи. Васвасиял пикраби, гIемер рачIунел ратаниги, дагь ратанги, гьечIеллъун тун щибго кIвар гьабичIого тей. Гьедин тараб мехалъ васвас дагь-дагьккун жибго тIагIун уна, къокъабго заманалда жаниб. Чанги чияс хIалбихьун лъалеб жо буго гьеб.

БачIанщинаб васвас гIадахъ босулев чиясул васвасин абуни, къо бахъанагIан цIикIкIунеб букIуна. Васвасалъул кумекалдалъун щайтIаналъ гьев чи кверде восула. Ахир-къадги гьев чиги тIубарав гIабдал гIадин лъугьуна, я дин гурев, я дунял гурев. ЩайтIаналъул мурадги гьебха букIунеб васвас реххиялдалъун».

ХIакъикъаталдаги цIакъ захIматаб хIалалде ккола васвасалъ толарев чи. Амма васвасалъ кквезе чIунгутIиги, ккун ватани гьелъул кIичIикьа ворчIиги живго чияс лебаллъи гьабизе кколеб жо буго. Кумекалъе шаргIалъул малъиги босун.

 

ХIабиб ХIажигIалиев

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...