Аслияб гьумералде

Зигардизе бакI бугищ?

Зигардизе бакI бугищ?

Зигардизе бакI бугищ?

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго, вакъидал Авараг къватIив вахъанила. Абубакар дандчIвала гьесда ва гьикъула къватIиве вахъиналъе гIилла щиб букIарабилан абун. Абубакар-асхIабас абула дур нуралъул цIураб гьумер бихьизе бокьун вахъун вукIанин абун. ГIумар-асхIабги, вакъиялъул кутакалъ, вахъуна къватIиве. Гьевгун дандчIвайдал Аварагас абула дунгиха вакъун вугевилан абун.

 

Цинги гьел уна Абул Гьайсан ибн Тайигьани абурав ансаразул чиясухъе. Гьесул чIужуялъ абула гьев рокъов гьечIин абун. Гьедин рукIаго, гIемераб заман балалде, рукъалъул бетIергьан тIаде щола. Лъел цIезе ун вукIарав гьев, Авараг ﷺ вихьидал, лъел цIураб парччиги гIодоб лъун, аварагасда ﷺ къочула. Цинги ахикье рачуна ва чамасдакгун лъим кьола. Гьебги кванан, лъимги гьекъон Аварагас ﷺ абула, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъеда гьикъизе бугин рагIдукь чIараб бакIалъулги, гьуинаб чамасдакалъулги ва цIорораб лъелги хIакъалъулъилан абун.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: «Гьеб къоялъ хIисаб-суал гьабизе буго нужер нигIматалъулги», - ян (сура «Такасур», аят 8). Гьеб аяталда тIасан гIалимзабаз гIемераб тафсир гьабуна. ТIоцебе инсанасда гьикъизе бугила нигIмат хIалалаб яги хIарамаб нухалдалъунищ тIалаб гьабурабин абун. Гьелъие жаваб кьедал гьикъулила, гьелъухъ щукру гьабунищин, гьеб тIагIат гьабиялъе хIалтIизабунищин абун.

Имам Тирмизияс Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъ бищун цебе цIехезе буго нигIматалдасан», - ян.

ГIикримидасан бицана, асхIабзабаз гьикъанин: «Я Аллагьасул ﷻ расул, кинаб нигIматалъул дуца бицунеб бугеб», - илан. Аллагьас ﷻ Аварагасда ﷺ абула дуца гьезда абейин нужеца хьитал ретIун гьечIищ ва цIорораб лъим гьекъечIищ?» - ян. Гьелги ккола нигIматал.

Зайд ибн Асламица абуна, Аварагас ﷺ гьеб аяталъул хIакъалъулъ абунин: «Гьеб къоялъ нужедаса сурав босизе бугин нужер нигIматаздаса. Лъимги, рагIадги, макьуги ва хутIараб цогидабги кколин гьел нигIматаздасан», - ин..

Имам Мужагьидица абуна, дунялалъул рокъоб бугебщинаб лазат кколин нигIматлъун.

ГIабдуллагь ибну ГIаббасица абуна гьеб кколин сахлъи, гIинда рагIи ва беразда бихьи. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ къиямасеб къоялъ цIехезе бугила кинаб къагIидаялъ гьел нигIматал хIалтIизаруралин абун.

Гьанже хIисаб гьабе, Аварагги ﷺ асхIабзабиги кинал нигIматалгун рукIаралали ва нилъ кин ругелали. Нилъ ругеб заман буго нигIматал гьарзаяб. Гьединлъидал нилъеца гьел нигIматазухъ щукруги гьабизе ккола.

ГIалимзабаз хъвалеб буго гIемер зигарди кколин бугеб нигIмат нахъе босизабулеб жолъун. Кинаб хIал тIаде бачIун бугониги, нилъее къваригIараб жо ккола щукру гьаби. Щукру гьабичIони нигIмат нахъе босулеблъиялъул хIакъалъулъги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъеда лъазабун буго.

Ибну ГIаббасидасан бицараб хIадисалда буго: «КIиго нигIмат буго жиндалъун гIадамал гъафуллъулел: сахлъиги заманги», - ян.

Имам АхIмадица Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Къудратав БетIергьанас цIехола инсанасда: «Я Адамил лъимер, Дица дуе рекIине чуги вараниги кьун букIана, гьединго Дица дуе чIужуги кьуна ва хъизамалда цевехъанлъун гьавуна. Киб бугеб гьелъухъ баркала?» - ян.

 

Шамил МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...