Аслияб гьумералде

ЗахIмалъи баччизе...

ЗахIмалъи баччизе...

ЗахIмалъи баччизе...

Хирияв Аварагасул ﷺ хIадис буго: «Ункъо жо буго дунялалъул рокъоб чиясе талихIалдасан рикIкIунеб, кверщел батаравлъун гьев вукIунев.

 

Гьелги ккола:

  1. ЛъикIай чIужу - жинца дин ккурай, жиндихъ балагьидал росасул ракI боххулей, мутIигIай, жинца жиндирго напсги гьесул боцIи-малги гьев аскIов гьечIев мехалда цIунулей, лъималазе лъикIаб тарбия кьолей, жинде ккараб къоги баччулей.
  2. ГIатIидаб, гIураб мина-къай. ТIаде вачIарав чи къабул гьавизе кIолеб, лъималазеги гIатIилъи бугеб.
  3. ЛъикIав мадугьал. Жинхъа ккараб захIмалъи баччулев, зарал-зиян ккезе биччаларев, сапаралъ аниги ракI парахалъун букIунев бусурбанав мадугьал.
  4. КъваригIараб бакIалде бачине рес бугеб рекIунеб жо. Цебе варани, чу, хIама букIаниги, жакъа гьел ккола машинаби ва цогидаб техника».

Хадубги Аварагас ﷺ абун буго: «ТалихIкъиналдаса ккола квешав мадугьал ккей, квешай чIужу ккей, жиндир рукъ гьитIинаб, гIечIеб букIин ва гьединго рекIунеб жо жив гъоркье рехулеб, къваригIел тIубалареб букIин», - илан.

Амма гIатIилъи щвезе ккани нилъеца баччизе ккола захIмалъи. Цогидаздаса тIалаб гьабулеб нилъелъго бугищали халгьабила. ЗахIмалъи-къварилъи баччун мадугьал нилъедехун лъикI вукIунев хIалалда, чIужу лъикIай йикIинелъун Аллагьасул ﷻ амрабазе мутIигIаллъун рукIина, хIалалаб ризкъи батун, ретIине кьун, берцинаб адаб, Аллагьасул ﷻ нухда хьвадизе кколеб куц малъун, нилъго хьвадун, нилъецаго мисал бихьизабун. Гьеб мехалда Аллагьас ﷻ нилъер хъизан-рукъалда баракат лъела, гIатIилъи щвела.

Аварагас абун буго: «ЖабрагIил малаик дида тIаса инчIо мадугьаласул хIакъалъулъ васият гьабулевлъун вукIун, дида ракIалде ккезегIан ирсгицин гурищ гьесие кьезе бугебин абун».

Цоги хIадисалда буго: «Муъминчиясул мисал, наялъул мисал буго, жинца гьабураб гьоцIо кванараб мехалъ лъикIлъи, тIагIам букIунеб. Жибго таниги холареб, гьелдасаги пайда бугеб, жиб турараб гIучIалда тIаде кканиги гъоб бекизабулареб, ай жинда аскIове ккани захIматав чи гьесиеги къварилъи гьабуларев. Муъминчиясул мисал буго чамасдакIалъул гъотIол мисал, щиб гьелдаса босаниги жинца мунпагIат гьабулеб».

Аллагьас ﷻ нилъ хIакъикъиял муъминзабилъун гьареги, нилъее гьедин хьвадизе тавпикъги кьеги.

 

ГIумархIажи, Хьаргаби росдал имам

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...