Аслияб гьумералде

Мунагьазул аслу

Мунагьазул аслу

Мунагьазул аслу

Инсанасул рижиялъулъго батараб, чIараб хасиятлъун хIасад бугониги, гьелъул цо хаслъи буго жинца гIелму цIалулев чиясулъ. Щиб хаслъи гьебин абуни, ахIмакъал яги лъай гьечIел гIадамалгун дагIбадизе, гIалимзабазда аскIоб чIухIи гьабизе, дунялалъул боцIи-мал бакIаризе гIоло хIалтIизабизе, кIодолъи-тIадегIанлъи щвеялъе, дунялалъул агьлуялда аскIов къабулавлъун вукIине цIали. Цинги гьединав гIалимас гьабула хIасад, БетIергьан Аллагьас жиндие кьураб рагIи-калам, ай гIелму халкъалда гьоркьоб жинца тIибитIизабулев, халкъалъ жиндаса пайда босулев кинавниги гIалимасдехун.

Свалат-салам лъеяв Аварагас абухъе:

«КIиго чиясдехун гурони хIасад гьаби гьечIо. ТIоцевесев - ТIадегIанав Аллагьас жиндие боцIи-мал кьурав чи, цинги гьеб мал хIакъаб рахъалдехун хвезабизеги БетIергьан Аллагьас тIамурав. КIиабилев - жиндие ТIадегIанав Аллагьас хIикмат кьурав, гьелдалъун жинца хIукмуги гьабулев, гьеб жинца цогияздаги малъулев».

Рехсарав кIиявго чиясдехун гIадаб кутакаб хIасад букIунарин абураб магIна буго гьелъул. Аварагасде ягьудиязул гIалимзабаз гьабулеб хIасадги гьединаблъун букIана. Цогидаб хIадисалда буго: «Анлъго чи вуго хIисаб-суал гьабилалдего жужахIалъуве лъугьинавулев», - ян. Аллагь жидеда разилъаял асхIабзабаз гьел щал кколелин гьикъидал, Аварагас абуна:

«Дидаса хадур рукIине ругел умараал, ай ханзаби - халкъалда зулму гьабиялдалъун, гIарабал - гIасабияталдалъун, ай жидерабго ккун къвакIун чIеялдалъун, гIадамаз рищарал тамадаби, бутIрул - чIухIалдалъун, базаргаби - хиянаталдалъун, гIелмуялъул агьлу - хIасадалдалъун», - илан.

Цоги хIадисалда буго: «Лъабго жо буго киналниги мунагьазул аслулъун кколеб. Нуж гьездаса хIинкъа ва гьездаса цIуне: воре, нуж цIуне чIухIалдаса, илбис чIухIиялъ бачана Адамидехун хIасад гьабиялде (илбис гьалаглъана жиндирго напс кIодого бихьиялъги, жиб цIаялдаса бижараб, Адамидаса хирияб бугин чIеялъги.

Гьедин илбис Адамидаса чIухIана. Гьединлъидал инсанасул къадру гIодобе ккеялъул бищун кIудияб гIаламат ккола жив вугеб шагьаралъул цониги гIалимчиясда яги лъикIал чагIазда гьев разилъунгутIи. Гьединав чи тIолабго халкъалъул баракаталдаса махIрумлъула, гьезул цонигиясул кумекги гьесие щоларо.

Гьединаб чIухIи чиясулъ букIиналъул гIаламат буго гьадин аби: «Гьанже, гIелмуялда гIамал гьабулев чиги хутIун гьечIо гьаб шагьаралда, цониги лъикIав чиги гьечIо», - ян. Гьелда релълъарал цогидал рагIабиги. Гьединал рагIаби инсанас абиялъе гIилла буго жиндилъго ругел сипатал гIадамазулъ загьирлъи. Муъминчи муъминчиясе матIу вугилан бугелъул. Нилъеца Аллагьасда гьарула гьединал жалаздаса цIунеян. ЦIакъ битIун абун буго цояс: «Живго мукъсанав чиясда гурони цогидалги мукъсаналлъун рихьуларо», - ян).

Воре, нуж цIуне хьул халалъиялдаса, хьулалъ вачана Адам алжаналъув вукIаго гъотIодаса кванаялде. Ва нахъеги нуж цIуне хIасадалдаса, хIасадалъ вачана Адам аварагасул вас Къабил жиндирго вац Гьабил чIваялде».

Нусиялда къого сон барав цо гIарабиясда гьикъидал: «Дур гIумру сундалъун халалъараб», - абун, гьес жаваб гьабун буго: «Дица хIасад гьабичIо, дунги гьадин хутIана», - ян.

МУХIАММАД САЛМАНОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...