Аслияб гьумералде

Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Жакъа нилъеда гIемер рихьула цо-цо чагIи, гIураб динияб лъайги гьечIел, гIараб мацIги лъаларел, амма гIакъидалъул гъваридал суалал гьоркьор лъолел. Гьез цохIо жидерго пикрабазда мугъчIвай гьабула, амма церехун рукIарал ритIухъал чагIазул - салафазул бичIчIи хIисабалда бихьизарула. Цо-цо мехалъ гьединал пикрабаз гIадамал рачуна ТIадегIанав Аллагь махлукъаталда релълъенлъи гьабиялде. Аллагьас цIунаги гьединаб мекъаб пикруялдаса. Гьеб ккола кIудияб гъалатI ва тавхIидалъул кьучIалда гьеб данде кколаро.

 

ГIараб мацI букIине кколеб къагIидаялъ бичIчIиялде тIадруссун хадуб, нилъеда Къуръан лъикI бичIчIула. Масала, ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ гьаб аят нилъеда рагIараб мехалъ:

«الرَّحْمَنُ عَلَى الْعَرْشِ اسْتَوَى»

 

 (Сура «ТIагьа», аят 5), нилъеца абула: «Аллагьас хIакъаб бицана, нилъ божана гьаб аяталда Гьесул кIодолъиялъе рекъараб куцалда», - ян.

Амма гIараб мацIалъул къагIидаби лъалел гьечIони, щибха кколеб!? Гьеб цебе рехсараб аяталъул хIарпияб магIнаги гьабун, мекъаб магIна бичIчIизе рес буго. Гьеб мехалъ гьезда ракIалде ккезе бегьула, махлукъат жиндирго бакIалда бугебго гIадин, Аллагьги ГIаршалда тIад вугин абун. ТIадегIанав Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго гIадамазул гьединаб пикруялдаса.

Нилъеца кьезе бегьула гIадатияб суал: ГIаршги махлукъат гурищин абураб.  Аллагь ﷻ вуго Абадияв, Байбихьи гьечIев. Аллагь ﷻ хутIизегIан кинабго бижун буго. Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна (магIна): «Жинца кинабго жо бижарав», - абун. (Сура «Ал-Фуркъан», аят 2)

Гьединго МухIаммад аварагас ﷺ кьучIаб хIадисалда абуна: «Аллагь вукIана, Гьев гурони щибго букIинчIо», - ян. (Бухари)

Гьелъул магIна буго Аллагь ﷻ хутIизегIан кинабго жо махлукъат бугин абураб. Махлукъат ккола гьечIолъиялдаса букIиналде бачараб жо. Гьедин, ГIаршги бижун букIана. ТIоцебе гьеб букIинчIо, хадуб гьеб лъугьана. Гьединабго къагIидаялъ лъугьана зобалги, ракьги, заманги, космосги, цогидабги.

Гьединлъидал, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ ГIарш бижилалде цеве Гьев вукIана ГIарш гьечIого. БакI бижилалде цебе, бакI гьечIого вукIана. Заман бижилалде цебе заман гьечIого вукIана. Гьеб кинабго Аллагьас ﷻ бижун хадуб, Жиндирго бижиялде гьев лъугьунаро. Щайгурелъул, лъугьиналъул магIна ккола хиса-баси, хиса-баси ккола бижиялъул хаслъи. Аллагь вуго хиса-басиялдасаги гIурхъиялдасаги ТIадегIанав. Аллагь ﷻ вуго рахъ, гIурхъи ва бакI хIажат гьечIев.

ЦIар рагIарав гIалимчи МухIаммад ибн Гьибатиллагь ал-Бармакияс хъвана «Дакъаикъул фусул ва Жавагьирул усул» абураб тIехь. Гьеб сайгъат гьабуна СалахIудин ал-Аюбие. СалахIудиница кIудияб къимат кьуна гьеб тIехьалъе, хIатта гьеб лъималазда малъизе буюрухъги кьуна. Хадуб гьеб тIехьалъе кьуна цIар «Ал-ГIакъидату ас-СалахIия» абун. Гьеб тIехьалда хъван буго: «Дунял бижарав цониги рахъалъ сверун ккун гьечIо, Аллагьги ﷻ дандекквеялдаса вацIцIадав вуго. Гьев ﷻ вукIана бакI букIинчIеб мехалъ, Гьев ﷻ гьанжеги вуго цеве вукIаравго гIадин», - ян.

Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго бакI хIажалъиялдаса. Аллагь ﷻ заманалъул хиса-басияздаса тIадегIанав вуго. ТIадехун бугеб рахъалдехун Аллагьасе ﷻ гIурхъи чIезабурав чи гIурхъаби тун къосун уна.

Гьанже тIадруссина «Ар-РахIман гIалал-гIарш истава» абураб аяталде. Гьаниб аслияб рагIи ккола «истава». ГIараб мацIалда гьеб рагIул гIемерал магIнаби руго. Масала, гьез абула «истава ал-къамару» абун, ай моцI цIун лъугьун бугин. Гьез абула «истава атI-тIагIам» - квен хIадур буго. ШагIирас гьеб рагIи хIалтIизабулеб букIана «бетIергьан гьабизе» яги «мутIигI гьабизе» абураб магIнаялдаги. Къуръаналда цо рагIул батIи-батIияб магIна букIине бегьула, контексталде балагьун. Гьединлъидал, суал бачIунеб буго: кинаб магIна гьеб аяталда ва Аллагьасул ﷻ кIодолъиялъе рекъараб?

ГIалимзабазул тафсирчагIаз баян гьабун буго гьеб аяталъул магIна гьадинаб бугилан: «Аллагьас ГIарш мутIигI гьабуна ва гьелда тIад кверщелги гьабуна. Гьес гьебги тIолабго дунялги цIунула. ГIаршги, гьеб баччулел малаикзабиги, зобал-ракьги - гьел гIицIго Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун ва къуваталдалъун хьвадулел руго. Аллагь ﷻ лъидениги ва сундениги хIажатав гьечIо, кинабго махлукъатги Аллагьасде ﷻ хIажатаб буго. ТIадегIанав Аллагь ﷻ Жиндие данде кколаребщинаб жоялдаса вацIцIадав вуго.

 

МухIаммадхIабиб ГIабдулвагьабов, ДИУялъул мугIалим

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...