Аслияб гьумералде

Къимат кIудияб как

Къимат кIудияб как

Паризаял какал гурелги, муъминчиясе лъикIаб буго суннатал какал разеги. Суннатазда гьоркьоса хасго къиматаблъун ккола къаси сардилъ рахъун балеб тагьажудалъул как.

 

Тагьажудалъул какги ккола Аварагасул ﷺ суннат. Аварагас ﷺ гьеб гьоркьоса къотӀичIого балеб букӀана ва унтаниги толебги букIинчIо.

ГӀабдуллагь ибну Абу Къайсидасан бицараб хӀадисалда буго, ГӀайшатица абун бугин: «Нужеца къаси балеб как рехун тоге, хӀакълъунго, Аллагьасул Расулас ﷺ гьеб рехун течӀо, унтун яги свакан вукӀун ватаниги. Гьеб мехалъ гьес гӀодов чӀун балеб букӀана», - ян. (Абу Давуд, 1307)

Как ккола муъминчияс гьабулеб бищун лъикӀаб гӀибадат. Гьелъул къиматги букӀуна ракӀбацӀцӀадго гьабулеб бугони. Амма къаси гьабулеб гӀибадаталъулъ букIуна бищунго кIудияб ракӀбацӀцӀалъи ва дагьаб рияъ.

Абу Гьурайратидасан бицараб хӀадисалда буго Аллагьасул Расулас ﷺ абунин: «Рамазаналдаса хадуб кӀал кквезе бищун лъикӀаб ккола МухӀаррам моцӀ, паризаяб какалда хадуб бищунго лъикӀаб буго къаси рахъун балеб как». (Имам АхӀмад, 7534; Муслим, 1163; Абу Давуд, 2429; Тирмизи, 438; ибн ХӀиббан, 3636)

Тагьажуд ккола боголил какдаса хадуб, рогьалил как базе заман щвезегӀан гьоркьоб бугеб мехалда базе бегьулеб как.

Тагьажудалъул бищун дагьаб кӀиго ракагӀат буго, бищун цӀикӀкӀун - къадар чIезабун гьечIо. Гьеб гӀемер барабгIан лъикӀаб буго. Цо-цо гӀалимзабаз абула тагьажудалъул какил бищун дагьаб ракагӀат кӀиго, бищун цӀикӀкӀун анцӀила кӀиго, гьоркьохъеб анлъго ракагӀат бугиланги.

Суннатаб буго тагьажуд базе рахъинаризе агьлу-хъизан, гьезиеги ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIмат щвезе.

Аллагьас ﷻ къуват кьеги нилъее гьеб какда тIадчIей гьабизе.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...