Аслияб гьумералде

Гьеб къо бачIине буго

Гьеб къо бачIине буго

Нилъеда бихьулеб буго дунялалда лъугьа-бахъунебщинаб. Цониги чи ватиларо гьаб ракьалда рагъ-кьал бокьулевги. ТIадегIанав Аллагьас нилъги нилъеда хадур рачIунелги цIунаги гьелдаса.

Нилъее рекъоларо Аллагьасдаса хьул тIагIун рукIине. Щайин абуни, хьул тIубанго тIагIани, чияс гьаб ракьалда гIемераб заман базе гьечIо. Гьев гIемер васвасдула ва мугъчIвазе бакIги гьечIого хутIула. Гьединлъидал диналъ нилъ ахIула Аллагьасдаса хIинкъиялдаги хьул лъеялдаги гьоркьор рукIине. Нилъеда дунялалъул иш бичIчIизе ккола, ай гьаб дунял букIин къварилъиги, захIмалъиги, рохел-аваданлъи букIунеб бакI.

Гьединго ТIадегIанав Аллагьас нилъ ахIула Аллагьасул рахIматалдаса хьул къотIугеян. ТIадегIанав Аллагьас абулеб буго щибаб захIмалъиялда, къварилъияда хадуб гIатIилъи бачIуниланги. Аллагьасе бокьани, кватIичIого нилъеда лъикIал харбалги рагIила, иншааЛлагь. Воре, тIаде балагь щвезегIанго риххахочун рукIунге. Щайин абуни, балагь тIаде щведал инсанас ургъула ва балагьула гьеб нахъе инабулеб къагIида. Рихха-хочиялъ багъаризабула захIмалъи, хасго балагь кин нахъе инабизе кколебали лъаларев чияс. Гьединас сверухъ ругелги тIамула ургъалаби гьаризе.

Цо нухалъ ТIадегIанав Аллагьас Давуд аварагасде вахIю рещтIуна: «Дуца абе, дир лагъзадерида, Дица гьел рижичIо гьездаса Дие хайир букIинелъун, кинниги Дица гьел рижана Дида гьез хьул лъезелъун», - ян. Балагьеха, диналъул вацал, ТIадегIанав Аллагьас нилъ рижун руго гIибадат гьабизелъун. Гьаниб цо-цояз абизе бегьула гIибадат гьаби как бай, кIал кквей бугилан. Амма гьеб мекъаб пикру буго. ТIадегIанав Аллагьас нилъее бихьизабураб щибаб къануналда рекъон гIумру тIамуни, гьеб ккола нилъер гIибадат. Квешаб жоялъухъ жаза хъвалебго гIадин, Аллагьас лъикIал ишазухъ кириги хъвала.

Диналъ нилъ ахIула Аллагьасдаса хIинкъиялдаги хьул лъеялдаги гьоркьор рукIине

Ислам ккола Аллагьасда хьул лъун вукIинги Гьесие гIибадат гьабиги. ХIузайфат бин Яманица абуна: «БачIине буго цо къо жиндаса хвасарлъуларебги, гъанкъулев чияс гIадин ахIи баледухъ дугIа гьабулеб гьечIони», - ян. Гьелъул магIна ккола ТIадегIанав Аллагьасда гIемер гьаризе кколин абураб. Нилъер загIиплъиялъ батилаха, ТIадегIанав Аллагьасда нилъ гьардезе журала къварилъуде ккедал. Аварагасул асхIаб Байгьакъияс Абу Дардаидасан бицараб хIадисалда буго: «Нужеца Аллагьасда гьаре нужго аваданго рукIаго, рес буго къварилъи тIаде щвараб мехалъ Аллагьас кумек гьабилин абураб», - ян.

Сарию СакъатIияс абуна: «Мун вукIа гьитIинаб лъимералда релъулъун. Лъимадуе цо жо бокьараб мехалъ, эбел-инсуца нахъчIвала. Цинги гьеб лъимер гIодизе лъугьиндал, эбел-инсуцаги кьола. Гьединго Аллагьасда гьаридал ва жавабги щвечIони, гIодов чIа ва хIелун, ракI бекун нахъеги Аллагьасда гьаре. Кьезе рес буго», - ян. Аллагьасул лагъ вукIине ккола Аллагьасдаса хIинкъиялдаги ва хьул лъеялдаги гьоркьов. Абу ГIали Равзабарияс абуна: «ХIинкъги хьулги хIанчIил кIиго кваркьиялда релълъуна. КIиябго кьваркьи бугони, хIинчIги гьваялда чIола ва берцинго боржуна, амма цояб камуни, боржине бажаруларо. КIиябго кваркьи камуни, хвалде ккола. Гьединабго хIукму буго хIинкъиялъулги хьулалъулги, цояб бугониги цояб гьечIого гIолареб», - ян.

Бегьуларо багьаби рахун ругинги абун риххун лъугьине. Гьединаб жо рекIелъе биччала Аллагьасдехун хьул гьечIеб мехалъ яги тавакал загIипав чияс. Багьа бахинабизегIанги ТIадегIанав Аллагьас хьихьарал нилъ, багьа бахун хадуб хьихьизе руго.

ШАМИЛ МУХIАМАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...