Аслияб гьумералде

ХIисаб-суал

ХIисаб-суал
Аллагьас абулеб буго: «Я, Адамил лъимер, хвел хIакъаб буго ва кинавго чияс гьеб чIамизеги буго», - ян.

Гьединго Аллагьас абулеб буго: «Я, Адамил лъимер, гьаб дунялги тIагIине буго ва мунги хвезе вуго», - абун. Гьелъ нилъ гьеб къо тIаде щвелалде хIадурун рукIине ккола ва щивас пикру гьабизеги ккола щибги босун дун Аллагьасда цеве вахъун чIезе вугевин абун.

Щивасухъа ккола гъалатI, амма хIисаб гьабуларо гьелъул жаваб кьезе кколеблъиялъул. Гьелъ, хвалил кьогIлъи тIаде щвелалде тавбу гьабун Аллагьасда гьаризе ккола тIаса льугьаян. Нилъее баракат щваяв Къарахъа МухIаммадтIагьирица «ШархIул мафрузалда» хъвалеб буго гьадин: «Хварав чи хабалъ лъун хадуб Аллагьас гьесул рухI нахъбуссинабула ва хадуб гьесда хабадаса нахъе унел гIадамазул хIатIазул сасги каламги рагIула», - ян.

Цинги гьесухъе рачIунила кIиго малаик ва гьикъулила дур БетIергьан щивин, дур дин щибин абун. Гьединго гьикъулила ахиралда нужехъе витIун вукIарав Аварагасул хIакъалъулъ ва кинаб гIамалалдайин мун вукIарав ракьалдайилан абун. Хал гьабе, хириял вацалги яцалги, кин нилъеца ракьалда гIумру тIамулеб бугебали ва ахираб къоялде нилъ хIадурго ругищали.

ХАЛИД ПАЙЗУЛАЕВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....