Аслияб гьумералде

Иблисалъул загьруяб гулла

Иблисалъул загьруяб гулла

ХIурматиял вацалгун яцал, нилъеца гIумру гьабулеб буго иман загIиплъараб, къойидаса къойиде нилъерго лугбал мунагьаздаса цIунизе захIмалъулеб заманалда.

 

Хинаб гьава-бакъ байбихьарабго цо-цо бусурбаби, ратIлидехун бугеб исламалъул тIалабал цIуничIого, къватIире рахъуна жидерго черхалъул рахчизе кколел лугбал къватIирги лъун.

Гьединлъидал зама-заманалдаса имамзаби ва гIалимзаби чарагьечIого хIажаталлъун рукIуна чияр бераздаса черх бахчизе ккеялъул ва хIарамаб жоялде балагьиялдаса берал цIунизе ккеялъул хIакъалъулъ тIадкъаял, насихIатал гьаризе.

Жакъа, къо бахъанагIан захIмалъулеб буго берал мунагьаздаса цIунизе. Амма гьелъул магIна кколаро берал цIунизе захIмат букIиналъ, гьезие эркенлъиги кьун, гьукъараб жоялде балагьизе кколин абураб.

Аварагас ﷺ абуна: «Инсанасе берал цIунизе захIмалъанагIан, гьесие кири цIикIкIун щола», - ян.

Гьединлъидал инсанасе жиндирго черх хIарамалдаса цIунизе захIмалъанагIан гьесие дагьабги цIикIкIун кири щола. Гьаб заманалда инсанасе рес буго хIарамалдаса живго рикIкIад гьавиялдалъун дагьабги цIикIкIун кири щвезе.

Кевеш ккараб жо буго хIарамаб жоялъухъ балагьиялъул мунагь, гьитIинаб мунагьлъун инсанас рикIкIин. Амма гьитIинабщинаб жоялъул гIадат букIуна жиб гIемерлъулеб. Нилъеда лъала инсанас цо хъалияналдалъун байбихьула, хадуб гьеб пачкаялде, хадуб наркоманиялде сверулеблъи. Гьединго балагьиялъул мунагьалъул мисалги.

Гьеб гIицIго балагьи бугин абун нилъ гуккизе бегьуларо. Гьеб ккола кIудиял мунагьазде рачунеб жо. Гьелъул хIакъалъулъ нилъеда кьварун лъазабун буго ТIадегIанав Аллагьас ﷻ. Къуръаналда буго (магIна): «Дуца муъминзабазда абе, МyxIаммад ﷺ, хIaрамаб бакІалде ралагьиялдаса берал цІунеян, хІарамаб хІалтІизабиялдаса алатги (гІавратги) цІунеян. Гьедин хьвади гьезие лъикІаб буго ва гьел къабихІаб, хІарамаб жоялдаса цІунулебги буго», - ян. (Сура «Ан-Нур», аят 30)

Гьаб аяталда жаниб бер цІуни цебе рехсана гІаврат цІуниялдаса. Бер бугелъулха зинаялъул чапар ва къабихІаб иш жиндалъун байбихьулеб бакІ. Аллагь разилъаяв имам АхІмадица бицараб хІадисалда буго: «Цо бусурбанчи чІужугІаданалъул берцинлъиялъухъ балагьидал, цинги гьеб бер нахъе босун жив гІодове вуссараб мехалъ, гьесие Аллагьасе гІибадат гьабизе квербакъи ва гьуинлъи кьола», - абун.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьединабго амру гьабулеб буго руччабаздеги. ХIарамалде балагьиялъул мунагьалъ загьириял ва батIиниял захIматал унтаби ккезаризе бегьула.

Имам Гъазалияс Аварагасул ﷺ рагIаби рачана: «Дурго бербалагьи цIуне, эркенаб бербалагьиялъ рекIелъ шагьват бижизабула», - ян абурал.

ХIарамалде балагьи иблисалъул загьруяб гулла буго. Аллагьасе гIоло хIарамалъухъ балагьи тарав чиясул рекIелъ иманалъул гьуинлъи щулалъула.

Аварагас ﷺ абуна: «Лъабго тайпаялъул беразда жужахIалъул цIа бихьизе гьечIо: Аллагьасукьа ﷻ хIинкъун гIодулел берал; Аллагьасул ﷻ нух цIунун сордо борчIарал берал; хIарамалде балагьиялдаса гIодоре риччарал берал», - ян.

Берзул канлъи буго Аллагьас ﷻ кьураб кIудияб нигIмат, щукру гьабичIони тIаса босизеги рес бугеб.

Имам Гъазалияс абулеб буго: «Дуца берал кIиго гIиллаялдалъун цIунизе ккола: дуда бихьанщинаб жо гуро дуе пайдаяб, Аллагьас ﷻ берал рижун руго лъикIал гIамалазе: Къуръан цIализе, Аллагьасул махлукъаталъул пикру гьабизе, гIибадат гьабизе», - ян.

Къиямасеб къоялъ киналго берал гIодила, хIарамалдаса жалго цIунарал хутIизегIан.

Кин нилъеца нилъерго берал цIунизе кколел? Цогидал гIадамазул гIунгутIаби ралагьуге. Дурго гIунгутIабазул ургъел гьабе. ГIакъилав чи живго витIизавиялде машгъуллъула, цогидазде регIуларо.

 

Бихьиназде хитIаб

Хинал къоязда, гIадамал ралъдал рагIалде унеб мехалъ, хасго кIвар бугеб жо ккола гьукъараб жоялъухъ балагьиялдаса берал цIуни. Бихьиназе хIарамаб буго цогидал бихьиназул гIавратазухъ балагьизе (цIиналдасан накабазде щвезегIан), руччабазухъ балагьизе бегьизего бегьуларо.

 

Руччабазде хитIаб

ЦIуне нужерго черх цогидал бихьиназул бераздаса, ретIа-къай шаргIалда рекъон.

Нужго ритIухъ гьаруге нужеего яги росасе гIоло гьедин ретIел ретIунеб бугин абун. ШаргIалда рекъечIеб ретIелги ретIун нуж къватIире рахъин сабаблъун кколеб буго цигидалги мунагьалде.

Аллагьас кумек гьабеги хIарамалдаса цIунизе ва исламалъул нух кквезе. Амин!

 

Салман Насрудинов, Гъаякент районалъул имам

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...