Аслияб гьумералде

Чара гьечIого тIаде щолеб къо

Чара гьечIого тIаде щолеб къо

Чара гьечIого тIаде щолеб къо

Къиямасеб къо ккола щаклъи гьечIого тIаде щолеб къо. Къуръаналдаги гьелъул хIакъалъулъ рехсана. Нилъеда тIадаб буго гьелда иман лъезе. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъ тIаде рахъинарула. Гьеб къо тIаде щолеблъи бичIчIулев чияс гьелъие хIадурлъиги гьабула. Нилъее добе цадахъ босизе жо къваригIуна.

 

Гьебги ккола нилъеца гьарулел лъикIал гIамалал. Нилъеца сапаралде рахъунеб мехалда цадахъ босизе жо хIадурула, щиб кIочон тун бугебали халгьабула. Гьединго нилъ руго гьаб дунялалда сапаралда ругел чагIи. Ахир-къадги ахираталде гочине ккола. ГIакъиллъи ккола чIаго рукIаго тавбу гьабун, гIамал-хасият хисизабун ва кIванагIан лъикIал гIамалал гьари. Доре щведал ракI бухIичIого букIине. 

Нилъ хвезе руго нилъеца гIумру тIамураб къагIидаялъ. Гьединго тIаде рахъине руго Къиямасеб къоялъ хвараб къагIидаялда. Пикру гьабеха, кин жинца гIумру тIамулеб бугебали.

Къиямасеб къо гIагарлъиялъе рехсарал гIаламатал руго. ГьитIинал гIаламатаздасан ккола МухIаммад Авараг ﷺ расуллъун витIи, гьесул уммат загьирлъи, хиянатчи ритIухъ гьави, рорхатал рукъзал рай, мажгитал берцин гьари, жагьлу гIемерлъи, дин мукъсанлъи, гIелму загIиплъи, мехтел, зина, зулму гIемерлъи, эбел-инсул лъималаз, чIахIиязул гIисиназ адаб-хIурмат тей, бихьинал дагьлъи, руччаби гIемерлъи, бусурбабазда гьоркьор питнаби гIемерлъи, кучIдул ахIи гIемерлъи, ретIел гьечIого руччаби хьвади, даран-базаралде руччаби руссин ва цогидалги гIаламатал. Гьезул гIемерисел жакъа загьирлъунги руго.

ЧIахIиял гIаламатал рехселалде цебе рехсела бакъ тIерхьунеб бакIалдаса гьеб баккизегIан Аллагьас ﷻ тавбу къабул гьабулеблъи. Гьеб гIаламат загьирлъун хадуб тавбуялъул нуцIа къала. Тавбу къабул гьабизе рес буго рухI мукъулакъалде щвезегIан.

ЧIахIиял гIаламатаздасан ккола Магьди вахъин, дажал вахъин, ГIиса авараг рещтIин, Яъжуж-маъжуж абун цо къавм бакки, «Даббатул арзи» абун цо хIайван загьирлъи, бакътIерхьудаса бакъ бакки, дунялго цIезабулеб кIкIуй бакки, ГIаднуялдехун цIа бакки, ай Шамалде гIадамал къотIулеб, ракьалдаса Къуръан нахъе боси, хIабашияз КагIба биххи.

Гьенире данде гьарула малаикзаби, гIадамал, жинал, хIайванал, хIанчIи, ай жидее жаза гьабулебги гьабуларебги, кинабниги Аллагьасул ﷻ махлукъат. ТIоцеве хабалъаги вахъун МахIшаралде вачIуна МухIаммад Авараг ﷺ, хадур рачIуна цогидалги.

ГIабдуллагь ибну ГIумаридасан бицараб хIадисалда буго: «Дун вуго тIоцебе хабалъа къватIиве вахъунев чи, хадув - Абубакар, цинги ГIумар. Хадув дун чIола Маккаялъул агьлу данде бакIаризегIан», - ян (ХIаким).

Гьеб къоялъ хIинкъи ва пашманлъи букIунаро аварагзабазегун вализабазе. Аварагзабигун малаикзаби хIинкъун рукIунин гьеб къоялъин абураб жоялъул магIна ккола, гьел Аллагь ﷻ кIодо гьавиялъул хIинкъиялъ хIинкъулин абураб. Гьесул ﷻ гIазабалдаса гьел божараллъун ругониги. Бусурбанчияс ракI чIезабизе ккола Къиямасеб къоялъ лагъасул лъикIал-квешал гIамалал цIалеблъиялда.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна (магIна): «Гьеб къоялъ (Къиямасеб къоялъ) гIамалал цIай хIакъаб буго», - ян («ал-АгIраф», 8). ЛъикIаб рахъ цIикIкIун батани, тIехь нилъехъе кьола кваранаб рахъалдасан, квешаб гIамал цIикIкIун батани - квегIаб рахъалдасан.

Къуръаналда рехсана: «Щал чагIи ругониги жидер цIадираби (лъикIал гIамалал) бакIлъарал, гьел руго талихIалда кверщел батарал. Щал ругониги жидер цIадираби тIадагьлъарал (лъикIал гIамалал дагьлъарал), гьел руго жидер напсал чIорого хутIарал гIадамал (жалго жидецаго гIадада хвезарурал чагIи, жидерго напсал камил гьаричIого теялдалъун)», - абун.

ЧIухIарал чагIазе гьениб кIудияб хIинкъи букIуна. Гьеб буго гьезие бугеб жазаъ, гьезул чIухIиялъухъ ва гIадамазе гьабураб къвариялъиялъухъ. Аллагьас ﷻ цIунаги гьелдаса.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Казбекалъулазги гьабуна кумек

Казбек районалъул жамагIаталъ, цо сордо-къоялда жаниб, бажарараб кумек гьабуна тIабигIияб балагьалъул квачIикье ккарал Хасавюрт районалъул гIадамазе.  Гьединаб кумек гьабизе ккеялъул бицун цеве вахъана районалъул имамзабазул советалъул председатель ва гьес киналго ахIана бажарарас бажарараб...


Дагъистаниязде хитIаб

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал, Дагъистаналда бараб чвахунцIадалъ гьабураб къварилъи нилъее ккола иргадулаб хIалбихьилъун.   ТIоцебесеб иргаялда, гIезегIан чи махIрумлъана мина-карталдаса ва магIишаталдаса. Гьайгьай, гьебги ккола тIаде тIамураб хIалбихьилъун. КIиабизе, тIабигIияб...


СВОялъулал кIочон толаро

«Зебра» абураб спортивияб комплексалда тIобитIана гьабсагIаталда отпускалда ругел СВОялъул гIахьалчагIазе тадбир. Гьелъул хIаракатчагIилъунги церерахъана «Каспий» батальоналъул имамлъун вукIарав ва гьанже муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибиров,...


Суал-жаваб

Гамида рекIун сапар гьабулев чиясул сапар киб байбихьулеб? Шагьар бугони ралъдал рагӀалда бугеб, ракьалдасан гьенире щвезегIан рекIун ине кколелги гьечIони ва гамидал ралъдал рагӀалде бачIинеги кIолеб бугони, сапаралъул байбилъун лъугьуна (гьес как къокъ гьабизе ва тIаде росун разе гIадал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Свакан вукIуна...   Дун росасе ана цо жигарав чиясе. Ниж рукIана бищунго лъикIал рос-лъадилъун. Гьес рагIи кьун букIана цадахъ гIемераб заман базе, цадахъ сапар бухьине, тира-сверизе. Амма гьанже дир ракI буссунеб буго. Гьев кидаго свакан вукIуна. Сундулго интерес гьечIо гьесие. Дир цониги...