Аслияб гьумералде

Авараггун ﷺ рахъунел

Авараггун ﷺ рахъунел

Авараггун ﷺ рахъунел

ГIемер рагIула ва нилъгоцинги зигардулел ратула гIумру гьабизе захIмалъун бугин, гIарац гIолеб гьечIин абун. Ризкъи кьолев Аллагь ﷻ вукIин лъаялдаго цадахъ бусурбабийин абун ругел нилъее жакъа зигарди гIадатияб жолъун лъугьун буго.

 

Амма кIочене бегьуларо сундулъго маслихIат букIин. Мискинлъиялъулъги инсанасе гIемерал нигIматал руго. Гьаб дунял муъминчиясе туснахъ бугин тIахьазда хъван бугелъул, сабруялда гьеб тIамуни, ахираталда талихIаллъун рукIина. Бечедазда дандеккун битIун хьвадизе лъани, мискин-пакъирзабазе Аллагьасда ﷻ аскIоб гIемерал нигIматал руго.

Мискинчиясе лъикIаб буго гIадамаздаса жиндирго ресгьечIолъи бахчизе. Язихъго вугин абун ракIбеки бихьизабиларо. Мискинлъи ккола салихIиназул гIаламатаздасан.

Цо къоялъ Аварагасухъе ﷺ пакъирзабазул чапар вачIана. Гьес абуна: «Я Аллагьасул ﷻ Расул ﷺ, дун вуго пакъирзабаз витIарав чапар», - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Дуе мархIаба ва жидедаса мун вачIаразеги буго мархIаба. Аллагьасе ﷻ жал рокьарал къавмалдаса вачIана мун», - илан. Чапарас абуна: «Я Бичасул Авараг ﷺ, бечедаз кинабго лъикIлъи гьабулеб буго. Гьез хIежги борхула, амма нижер рес букIунаро. Гьез садакъаги кьола ва амма нижер рес букIунаро. Лагъзалги гьез тархъула ва амма нижеда хIалкIоларо. Гьел унтидалги жидерго боцIи садакъаде кьун ахираталда нахърателлъун гьабула», - ян. Аварагас ﷺ жаваб гьабун абуна: «Пакъирзабазде дидасан щвезабе: «Сабруялда ва хIисабалда ругони бечедазе гьечIеб лъабго пиша щола мискиназе:

  1. Алжаналъуб буго багIараб якъуталъул гьабураб цо рукъ. Алжаналъул агьлу гьелъухъ балагьула ракьалъул агьлу цIвабзазухъ балагьулел гIадин. Гьеб рокъоре лъугьунаро мискинав авараг, шагьид ва мискинав муъминчи гурони.
  2. Пакъирзаби Алжаналъуре бечедаздасаги бащдаб къоялъ цере лъугьуна. Гьеб бащдаб къоги 500 сонил къадаралъул манзил ккола. Мискиназ жидеего бокьухъе кеп босула гьениб. Аварагзабаздасан бищун ахиралда Алжаналъуве лъугьуна Сулейман авараг. Гьебги Аллагьас ﷻ гьесие гьаб дунялалда кьураб бечелъи сабаблъун.
  3. Пакъирас ракIбацIцIадго «СубхIаналлагьи валхIамдулиллагьи ва ла илагьа иллаллагьу валлагьу акбар» абидал ва гьебго жо ракIбацIцIадго бечедасги абидал, мискинасде гьев вахунаро анцIазарго диргьам садакъаде кьуниги. Гьелда релълъун руго киналго лъикIал гIамалалги», - ян. Аварагас ﷺ бицараб пакъирзабазде щвезабидал, гьез абуна: «Я нижер Аллагь ﷻ, ниж рази руго», - ян.

Бицана малаикзабаз Аллагьасде хитIаб гьабун абунин: «Я БетIергьан, дур капурав лагъасе гьаб дунял тIибитIун букIана ва балагьалги гьесдаса рахчун рукIуна», - ян. Жаваб гьабун Аллагьас ﷻ абула: «Гьезие букIине бугеб гIакъуба загьир гьабе гьал малаикзабазе», - ян. Гьеб гIакъуба бихьидал малаикзабаз абула: «Гьаб дунялалда щваралъ гьезие кумек гьабизе гьечIо», - ян. Малаикзабаз абула: «Я Аллагь ﷻ, муъминав дур лагъасадаса гьаб дунял бахчун буго ва балагьалги гьесие загьир гьарун руго», - ян. Жаваб гьабун Аллагьас ﷻ абула: «Ахираталда гьезие букIине бугеб кири бихьизабе гьал малаикзабазда», - ян. Гьеб бихьидал малаикзабаз абула: «Я БетIергьан Аллагь ﷻ, гьезда тIаде рачIарал балагьаз гьезие зарал гьабиларо», - ян.

Чанги букIуна заман бокьараб жо босизе кодоб гIарац гьечIеб. ЗихIакидасан бицана: «Базаралдеги ун, гьениб щиб бугони берцин бихьун, цинги гьеб босиялдаса берцинаб сабру ва пикру гьабун чIей лагъзадерие лъикIаб буго нусазарго динар Аллагьасул ﷻ нухда бикьиялдасаги», - ян.

Цебе бицаралдасан баянлъана мискин-пакъирзабазе сабруялда рукIине лъикIаб букIин. Рес бугебгIан мехалъ гIадамазда гьариялдасаги цIунун чIела.

ГIалимзабазда гьоркьоб хилаф ккун буго пакъирлъийищ ялъуни бечелъийищ Аллагьасда аскIоб лъикIаб бугебин абун. ГIемерисез абуна бечелъиялдасаги пакъирлъи лъикIаб бугин, разилъигун хурхун гьеб бугони. Гьединлъидалха дунялалъул хазинабазул кIулал Аварагасе ﷺ загьир гьаридал абураб: «Ле, Жибрил, цо къоялъ вакъун цогидаб къоялъ гIорцIун вукIине бокьула дие. Вакъидал Аллагьасе ﷻ хIелула дун, гIорцIидал Гьесие ﷻ шукру-реццги гьабула», - ян. Жеги Аварагас ﷺ дугIа гьабун абулаан: «Я дир Аллагь ﷻ, Дуца ﷻ дун мискинлъун чIаго гьаве, мискинлъун хвезеги гьаве ва мискинзабигун цадахъ Къиямасеб къоялъ вахъинаве», - ян абун.

ГIарифуназ абуна: «Аварагас ﷺ Аллагьасде ﷻ мискинзабигун цадахъ вахъинавеян гьариялдасан бичIчIула гьезул букIине бугеб кIудияб макъам», - илан. ГIалимзабазул цояз абуна пакъирлъиялдасаги бечелъи тIокIаб бугилан. Гьелъие хIужалъунги Аварагасул ﷺ хIадис бачана: «Кьолеб квер лъикIаб буго босулелдасаги», - ян.

Мискинлъиялъулъ ва бечелъиялъулъ инсан кидаго гIаданлъун вукIине ккола. Сабру гьабулареб, зигарди-сас цIикIкIунеб мискинлъиялдасаги ва садакъа-хайрат гьабулареб, закагIат-сахI бахъулареб бечелъялдасаги Аллагьас ﷻ нилъ киналго цIунаги. Амин.

 

Камил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...