Аслияб гьумералде

Шукру

Шукру

Къуръаналда буго (магIна): «Нуж Аллагьасул нигIматал рикIкIине, гьезие гIорхъи чIвазе лъугьани, гьеб нужехъа бажаруларо», - ян (сура «Ан-НахIл», 18 аят).

Инсанас бищун кIудияб баркала кьезе АллагьгIан мустахIикъав щивниги гьечIо. Инсанасде тIаде рачIунелщинал рахIматал Гьесдалъун рукIуна. Аллагьасул рахIмуцIоб гIатIидаб буго. Нилъее Аллагьас кьолел нигIматал гIемерал руго: сахлъи, берзул канлъи, гIундузда рагIи, лъикIаб хIалтIи, хъизамалъулъ баракат ва гьелда релълъарал. Амма бищун кIудияб нигIмат ккола исламияб диналда рати. Нилъее гьел кьун рукIиналъухъ шукру гьабизе тIадаб гьечIищ?

Цо къоялъ гIалимчиясда вихьун вуго мискинчи цIакъ пашманго. ГIалимчияс гьикъула: «Щай мун пашманго вугев?» - илан. Мискинас жаваб гьабула: «Дир гьадинаб гIумру букIиналъ вуго пашманго», - ян. Цинги гIалимчияс гьев мискинасул лугби рехсолаго, цIехон буго: «Гьаб лага пуланаб гIарцухъ кьезе бугищ дуца?» - ян. Щибаб нухалъ мискинас, кьезе гьечIин жавабги кьолеб букIан буго. Цинги гIалимас абула: «Гьебгощинаб бечелъиги букIун мун къварилъахъдизе рекъон букIинищ?» - илан. Гьеб мехалъ мискин гIодове виччала ва бугелда гьес шукруги гьабула.

Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «Жакъа дица нужер дин тIубазабуна, нужее кинабго шаригIат баян гьабуна, хIалалаб-хIарамаб бицана. Ва нужее Дир нигIматги тIубазабуна, нужее динлъун букIине Дун разиябги исламияб дин буго», -ян.

Аллагьасе щукру гьабиялдалъун Гьесул рахIматал нилъее жеги цIикIкIуна, амма гьабураб лъикIлъиялъул хIурмат гьечIони, ТIадегIанас рахIматалдаса нилъ рикIкIад гьарула ва гьабулеб жоялдаса баракатги бахъула.

Аллагьасул инсанасе бугеб бищун кIудияб рахIмат щивав муъминчиясул рекIелъ лъураб иман буго. Иман лъеялъ гурищ нилъ Аллагьасул каламалдаги ва аварагасул нухалдаги нахърилъунел?

Иман камилав чиясда сундулъго Аллагьасул рахIмат бихьула. ТIаде рачIарал захIмалъабазулъцин унго-унгояв муъминчиясда Аллагьасул рахъалъан, жинда хадуб бигьалъи бугеб, хIалбихьилъун бихьула ва гьелъухъгицин шукру гьабула.

Жакъа гIадин ракI рагьун, эркенго Аллагьасе гIибадат гьабун исламияб дин гьабизе щвейги кIудияб рохел гьечIищ? Нилъеда лъала, советияб заманалда дин гьабизе кигIан захIмат букIарабали, хIатта рамазан моцIалъ кIал биххизабизе гьекъезе лъим кьезе чи школалъул нуцIбухъ эхетун вукIараблъи. Гьедин бахча-хьванги течIо нилъер умумуз дин гьабичIого.

Аллагьасул разилъиялде рачунеб жо ккола Гьесие шукру гьаби. Гьесул амруялда нахърилълъинги, мунагьаздаса рикIкIалъиги ва Гьесде тавакал гьабиги ккола муъминчиясул мутIигIлъиги ва ракIракIалъ шукру гьабун Аллагьас гьесие хъвараб къабул гьабиги.

Жабир Мажидов, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» мухбир

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...