Аслияб гьумералде

АскIов вугев мадугьал лъикI...

АскIов вугев мадугьал лъикI...

ШаригIаталъ нилъ ахIула мадугьалзабазулгун лъикIаб гьоркьоблъи цIуниялде.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нужеца Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабе ва гьеб гьабиялъулъ щибго жо гIахьал гьабуге. Нужеца эбел-инсуе лъикIлъи гьабе ва лъикIлъи гьабеян цоцазе васиятги гьабе. ГIагарал гIадамазе, мискин-пакъиразе, ятимзабазе лъикIлъи гьабе. ГIагарав мадугьаласе ва гIагарав гьечIев мадугьаласе лъикIлъи гьабе. Дур хьолбохъ вугев гьалмагъасеги лъикIлъи гьабе…», - ян. (Сура «Ан-Нисаъ», аят 36)

Гьаб аяталдасан нилъеда бичIчIула мадугьалзабазул кIудияб кIвар букIин. Мадугьаласдехун лъикIаб бербалагьи гьаби ккола, гьесие кумек гьаби, квен кьей, зарал гьабунгутIи. Аварагас ﷺ абуна: «ЖабрагIил малаикас мадугьаласе лъикIлъи гьабеян гIемер ракIалде щвезабиялъ дида ракIалде ккана мадугьалги ирсилаздасан рикIкIине вугин абун», - ян. Гьелъ бихьизабулеб буго мадугьалзабазул адаб гьаби иманалъул кIвар бугеб бутIа букIин. Къиямасеб къоялъ цIехезе буго мадугьалихъ кин вукIаравиланги. Аварагас ﷺ баян гьабуна мадугьалзаби батIи-батIиял тайпабазул рукIин, гьелда рекъон гьезул ихтияралги батIи-батIиял рукIуна.

Лъабго хIакъ бугел - гIагарав чиги бусурбанчиги вугев мадугьал (гIагарлъиялъул хIакъ, диналъул вацлъиялъул хIакъ, мадугьаллъиялъул хIакъ).

КIиго хIакъ бугел - бусурбанав мадугьал, гIагарав гурев (диналъул вацлъиялъул ва мадугьаллъиялъул хIакъ).

Цо хIакъ бугел - я бусурбанчи, я гIагарав гурев мадугьал (мадугьаллъиялъул хIакъ).

Абу Гьурайратица бицана Аварагас ﷺ лъабго нухалъ такрар гьабулаго абунин: «Валлагьи, иман лъеларо! Валлагьи, иман лъеларо! Валлагьи, иман лъеларо!» - ян. АсхIабзабаз гьикъана: «Лъица, я Расулаллагь?» - абун. Гьес ﷺ жаваб кьуна: «Жиндирго квешлъиялдаса мадугьал хвасарлъичIев чи», - ян. Ва гьединго Аварагас ﷺ абуна: «Аллагьасдаги ﷻ къиямасеб къоялдаги божарав чияс мадугьаласе зарал гьабиларо», - ян.

Имам АбухIанифал вукIун вуго цо мадугьал. Гьев вукIана хьитал гьарулев чи. Къоялъ хIалтIулаан ва къаси гьан яги ччугIа, чагъир босулаан. Цинги квана-гьекъон, мехтун, гьес ахIи-хIур гьабун мадугьалзабазул рахIат хвезабулаан. Цо къоялъ Абу ХIанифада халлъана мадугьаласул гьаракь-бакъанго гьечIеблъи. Лъабабилеб къоялъ имамасда лъан буго, мехтизеги мехтун мадугьалас кьал гьабураблъи ва туснахъалда тIамизе вачун араблъи.

Имам АбухIанифа хIакимасухъе уна мадугьаласе кумек гьабеян гьаризе. Имамасул адаб гьабун гьевги ва цогидалги къватIире риччала. Имамас мадугьаласе хIеренго насихIатги гьабула. Гьелдаса хадуб мадугьалас тавбу гьабуна ва цо-цо баяназда рекъон, гьев лъугьана имамасул лъикIал мутагIилзабазул цоявлъун.

 

Мадугьалзабазул гьабулеб адаб

- Мадугьалас кумек гьаридал, гьеб гьаби.

- ХIажалъи ккедал, бажарани, къарзалъ (гIарац ялъуни щиб бугониги) кьезе.

- Унтарав мадугьаласухъе щвей. Ахирисеб сапаралъ гьев берцинго нухда регIи.

- Рохел щведал баркизе, къварилъи бачIиндал ракI гурхIизе.

- Мадугьаласе зарал гьабуледухъ щибго жо бангутIи.

- Квен ва пихъ кьей.

- Кванил махIалдалъунцин зарал гьабиларо. МахI мадугьаласухъе щолеб батани, гьесиеги квен кьезе лъикIаб буго.

- ГIадлу-низам цIуни.

ГIадада гуро абулеб: «РикIкIада бугеб гIагарлъиялдаса аскIов вугев мадугьал лъикIав», - абун. ЗахIматаб заманалда тIоцере кумекалъе рачIуна мадугьалзаби. Гьединлъидал гьал адабал цIунани, Аллагьасул рахIматалдалъун квешал мадугьалзаби дагьлъила.

 

Шамил Мажалов, Муфтияталъул хIалтIухъан

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...