Аслияб гьумералде

Бищун кIудияб нигIмат

Бищун кIудияб нигIмат

Алжаналъул агьлуялъе хIадурараб бищун кIудияб нигIмат ккола, БетIергьан Аллагь вихьун талихI бати, Гьесухъе зиярат гьабизе щвей

 

Имам Муслимица бицараб хIадисалда хирияв аварагас ﷺ абулеб буго: «Киналниги алжаналъе мустахIикъал гIадамал алжаналде лъугьиндал, БетIергьанас гьезде хитIаб гьабун абула: «Нужее бокьилищ дица цоги нигIмат тIаде цIикIкIинабизе», - ян. Алжаналъул агьлуялъ абула: «Дуца нижер гьурмал нуралдалъун хъахI гьаруна, алжаналъул нигIматал кьун рохизеги гьаруна, жужахIалъул цIаялдасаги цIунана, тIокIабги тIаде нигIмат кинаб букIунеб», - ан. Цинги, Аллагьас гьезул беразда цебеса хIижаб нахъе босун жиндирго нуралда бер чIвазе изну кьедал, гьел суждаялде рортула ва гьезда алжаналъул киналниги нигIматал кIочона», - ян.

Гьеб кIудияб нигIмат лагъзадерие щвейги, гьезул гIамал бихьун букIуна. Гьездасан рукIуна цо нухалъ гурони БетIергьанасда берчIвазе щоларел, лъагIалида ва моцIида жаниб цо нухалъ Аллагь вихьулел ва гьединго рукIуна щибаб къойил БетIергьанасда берчIван рохел щолелги.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьеб нигIмат баян гьабун Къуръаналда абулеб буго: «Жидеца лъикIаб гIамал гьабуразе алжанги, гьелде тIаде цIикIкIенги буго», - ян. ГIалимзабаз аяталъул тафсир гьабулеб буго: «ТIаде цIикIкIен абураб рагIиялъул мурад, БетIергьан вихьун рохел бати буго», - ян. Жинда Аллагь ﷻ разилъаяв Абугьурайратица, свалат-салам лъеяв аварагасда гьикъана: «Я Аллагьасул расул! Нижеда нижерго БетIергьан вихьулищ?» - ан. Хирияв аварагас ﷺ абуна: «Нуж щакдарулищ, гургинлъараб сордоялъ моцIги, роцIцIараб къоялъ бакъги бихьиялда», - ян. АсхIабзабаз жаваб гьабуна: «Щакдаруларо», - ян. Цинги аварагас ﷺ абуна: «Гьединго, нуж щакдаруге ахираталда БетIергьан Аллагь вихьиялда», - абун. Амма дунялалда Аллагь ﷻ вихьи цохIо нилъер аварагасда ﷺ хаслъана. Гьелъие далилги живго аварагас ﷺ асхIабзабазда бицараб хIадис буго: «Дида мигIражалъул сордоялъ БетIергьан вихьана», - абун.

Гьединго ибну ГIаббасица бицараб хIадисги буго: «Ибрагьим аварагасул Аллагьасулгун гьудуллъи букIана, Муса аварагасул гьесдехун кIалъай букIана, МухIаммад авараг БетIергьанас живго вихьиялдалъун тIаса вищана», - ян.

Нилъеда тIахьазда ратула гьадинал рагIаби: «Цо пуланал гIалимзабазда, вализабазда, устарзабазда макьилъ яги якъзаталда Аллагь вихьана», - ян абурал. Гьезул магIна ккола: «Инсанасул жанисан къачIаялда рекъон, гьесда Аллагь лъана, гьев гьесде гIагарлъана», - ян абураб. Щайгурелъул, аварагас ﷺ хIадисалда абулеб буго: «Нужеда лъай! Нужер цонигиясда БетIергьан вихьуларо, гьаб дунял тун ахираталде инегIан», - абун.

Аллагьас ﷻ киналниги бусурбабазе ахираталда БетIергьан вихьун рохел щвей насиб гьабеги.

 

АхIмад МухIумаев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...