Аслияб гьумералде

Баркула Къурбаналъул гIид

Баркула Къурбаналъул гIид

Дагъистаналъул муфти, ГIалимзабазул советалъул председатель, шайих АхIмад-афандица тIолалго бусурбабазда баркана Къурбанкъоялъул гIид.

Баркиялда хъвалеб буго:

«ХIурматиял вацал ва яцал! Аллагьасе рецц буго жакъасеб къо бихьизе ва тIаде щолеб бугеб бусурбабазул бищун кIудиязул цояб - Къурбанкъоялдаса рохизе нилъее рес кьуралъухъ. Киналго бусурбабазе кIвар цIикIкIарал гьал къоял цере чIола рахIмугун, рекIел гурхIелгун, цогидазе кумек гьабизе бугеб гъирагун, гьединго Аллагьасде бугеб гIурхъи гьечIеб мутIигIлъигун.

Гьеб кинабго чиясул рекIелъан къватIибе кинго загьирлъичIогоги хутIуларо. Гьал къоязда дунялалда тIолалго бусурбабаз къурбан хъола, гьебги ккола диналде бугеб ракI бацIцIадаб мутIигIлъи бихьизабиялъе хIужжа.

Къурбанкъоялъул гIидалъ бусурбаби цолъизарула. Гьезулъ куцала Къурбаналъул тарихалдехун бугеб хIурматияб бербалагьи гуребги, цоцаздехун букIине рекъараб хIеренаб ва лъикIаб гьоркьоблъиги. Гьеб къоялъ бусурбабаз хъола къурбан, баркула ва уна цоцахъе гьоболлъухъ, бикьула садакъа.

Цогидаб жо рикIкIинчIого, Къурбанкъо ккола хIеж лъугIиялъул байрамги. Исана коронавирусалъул пандемиялъ бусурбабазе (КСАялъул хутIун) щвечIо исламалъул щуабилеб рукну тIубазабизе. Кин бугониги, гьарула Аллагьасда нилъер халкъалъе гьаб унтиялъул балагьалдаса цIуниги унтаразе сахлъиги. Киназулго хъураб Къурбанги гьабураб садакъаги къабул гьабеги.

Аллагьас нилъер мунагьал чураги, ракIалги пикрабиги рацIцIад гьареги, гьединго гьабураб лъикIаб гIамал цIикIкIинабеги. Рекъел, сахлъи ва Аллагьасул гурхIел нужее киназего, хириял диналъул вацал ва яцал! Цоги нухалъ баркула Къурбанкъо!»

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...