Аслияб гьумералде

Къиматаб ва хIурматияб моцI

Къиматаб ва хIурматияб моцI

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!

ХIурматиял вацал ва яцал!

 

Аллагьасе буго тIолабго рецц гьаб рамазан моцI нилъее кьуралъухъ. Гьеб кколелъулха мунагьал чурулеб ва рахIматал рещтIунеб моцI.

Бусурбабазе бищун къиматаб ва хIурматияб моцI ккола рамазан. Бусурбаби гьелъухъ балагьун, хIадурун рукIуна гьеб бачIинелдего цере. Рамазаналъ киналго бусурбабазул ракIалгун чурхдул данде гьарула.

Нилъ рижарав БетIергьанасе буго аза-азар рецц рамазан моцIалъ кIалалги кколел, къаси тIаде рахъун гIибадатги гьабулел бусурбабазул къадар къо бахъанагIан гIемерлъулеб букIиналъухъ. Амма руго тIубараб моцIалъ кIалал кквезе кIоларинги абун, нахъе кIанцIун чIолелги. Гьединазда, ай балугълъиялде вахарав щивав бусурбанчиясдайин абуни лъазе ккола рамазан моцIалъ кIалал кквей тIадаб фарз кколеблъи. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Рамазан моцIалъ цо кIал ккурав чиясдаги жужахIалъул цIаялдаги гьоркьоб ТIадегIанав Аллагьас гьабулила хандакъ, жиндир гIатIилъи ракьалдаги зобалаздаги бащадаб» (ат-ТIабарани).

Нужеда лъай, кIал ккураб щибаб секундалъухъ Аллагьасул рахъалдасан нужее щвезе буго гьаб ракьалда щолеб гьадингояб жолъун кколеб, цIакъго тIадегIанаб ва къимат гьабун хIалкIолареб шапакъат.

Гьаб моцIалъ нилъеца хIаракат бахъизе ккола лъикIал ишал гьаризе, цоцазда гьоркьоб гьудуллъи-вацлъи цIунизе, хасго нилъер кумекалде хIажатазда кверчIвазе.

Аварагас ﷺ абун буго: «Аллагьасул рахъалдасан гурхIел-рахIму щвезе букIиналда божун, ракIчIун рамазаналъ кIал ккурав чиясул цере гьарун арал мунагьал БетIергьанас чуризе руго», - ян (Бухари, Муслим).

Дир хьул буго нилъ киналго Аллагьас мунагьал чурулезда гьоркьоса ва нилъер ккурал кIалал къабул гьарулездасан ратиялда.

РакI-ракIалъ баркула киназдаго тIаде щвараб хирияб рамазан моцI ва киназего гьарула лъикIабщинаб ва гьаб моцI гIибадаталда тIамиялъе къуватгун тавпикъ.

 

 

ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афанди

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...