Аслияб гьумералде

Баркула кIалбиччанкъо

Баркула кIалбиччанкъо

Баркула кIалбиччанкъо

КIалбиччаялъул гIидалда хурхун ДРялъул муфти АхIмад-афандиясул барки

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!

ХIурматиял вацал ва яцал! РакI-ракIалъго баркула нужеда кIалбиччаялъул байрам. КIал кквеялъул моцI рагIалде щвараб гьаб байрамкъо цIакъго кIвар бугезул цояб буго. Дунялалъулго бусурбабаз тIубараб моцIалъ ракъи-къечги хIехьон, сабруги гьабун, Аллагьасе шукругин реццги гьабулаго, лъикIалщинал гIамалазда тIадчIун тIобитIана гьаб моцI. Нужер гIемерисезги, гьаб заманалъул захIмалъиялде балагьичIого, хIалкIвараб садакъа-хайрат гьабун, рес бугебщинаб лъикIлъиялда гъорлъ гIахьаллъи гьабуна.

Аллагьас къабул гьабеги киназулго, гьелдаса жеги цIикIкIун тIадеги кьеги щивасе. Гьаб моцIалъ батIи-батIиял миллатазул гIадамаз, цохIо Дагъистаналда гуребги, гьеб бахун къватIибги гьарулел ифтIаразда ва цогидалги лъикIал рахъазде жидерго буголъи харж гьабиялъулъ гIахьаллъи гьабуна. Гьелдаса цIакъ кIудияб рохел буго. Щайгурелъул гьединал мажлисал гIадамал цолъизариялъе, гIагарлъи хурхинабиялъе гуребги жидерго ватIаналдехун ва цогидаб халкъалдехун рокьи бижизабиялъе кIудияб сабаблъун ккола.

Цойидеги данделъун диналъул ва цогидалги церечIарал кIвар бугел масъалаби дандраялъ щулалъизарула рухIиялгун хьвада-чIвадиялъул гIамал-хасиятал. РикIкIен гьабун бажарулареб шукругун рецц буго БетIергьанасе гьал хириял къоял нилъеда рихьизе кьурав. Аллагьасда дица гьарула тIаде-тIадеялъулги гьадинаб рахIматалдаса нилъ махIрум гьаругейин абун. Я, БетIергьан Аллагь, къабул гьаре нижер кIалал, сахI ва киналго лъикIал гIамалал. Дуда гьарула, БетIергьан, нижее сабруги, гIакълуги, тавпикъги кьеян гьаб моцIалъ гьабуралда гIей гьабун чIечIого цогидал моцIазги жеги цIикIкIун лъикIлъаби гьаризе.

ГурхIулев Аллагьасда гьарула гьаб моцIрол хIурматалъе гIоло нижер мунагьал чурейин ва киналгIаги рагъал-кьалаздаса ва цогидалги балагьаздаса цIунагиян! Гьаб захIматаб заманалда киназулго ракIазе сабруги щулияб иманги кьеги!

Амин!

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...