Аслияб гьумералде

Ма ша Аллагь, рацIцIалъи

Ма ша Аллагь, рацIцIалъи

Ассаламу гIалайкум, хирияб «Ассалам» газеталъул хIалтIухъаби ва цIалдолел. Дун йиго Гъизилюрт шагьаралда гIумру гьабулей гIадан. Нижер хъизамалъул гIадат буго зама-заманалдаса рахъ-рахъазде зияраталъ унел. Иргадулаб сапаралъ ниж щвана Хунзахъ районалде ва Дагъистаналде тIоцебе дин босун вачIаразул цояв Абумуслим шайихазул зияраталде.

Чанго бакIазде щвана, амма дун хIикмалъараб ва кутакалда йохараб жо ккана гьениб чIезабун бугеб рацIцIалъи, гIадлу, гьабулеб-толелъе бихьизабун бугеб мухIканаб баян. Гьединлъидал, дие ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе бокьун буго гьенир хIалтIулезе, имамасе, районалъул бетIерасе, росдал жамагIаталъе, хасго рацIцIалъи чIезабулезе. Гьарула нужее щулияб сахлъи, кьеги Аллагьас нужее рохел, талихI, рекIелъ иман щулалъи ва кIиябго рукъалъулъ ритIунккей.

ЛУИЗА МУХIАММАДОВА

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...