Аслияб гьумералде

Шамил кинав чи вукIарав?

Шамил кинав чи вукIарав?

Шамил имам вукIана чорхолъ витIарав, къуватав, тирияв, лебалав инсан.

Цебе заманалдаги лъимал ругьун гьарулел рукIун руго гIужда речIчIизе, рекеризе, кIанцIизе, гугаризе. Шамилие цIакъ бокьулеб букIун буго гьединал къецазда гIахьаллъизе. Жиндирго логода бащадаб борхалъиялда цIараб кварида тIасан бигьаго кIанцIизе кIолеб букIун буго гьесда. КIудияб гьунар букIун буго векерун кIанцIизеги. Гьеб махщел Шамилие нухде бараб тIех гIадин батун буго АхIулгохIдаса нахъ ине ккедал.

Кодов васги ккун Шамил кIанцIана, унго-унгояв спортсменас гIажаиблъи гьабураб бакIалдасан. Гьеб буго гъоба гъварилъуда, гьалагаб гIорги хъудулеб, кIиго кьурда гьоркьоб бакI. Цоялдаса цояб кьуру борхатабги буго. КIанцIизеги Шамил имам борхатаб кьуру бугеб рахъалде, гъоркьа тIаде кIанцIун вуго.

Муртазагiали Муртазагiалиев, 3 «а» класс, КIикiуни росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...