Аслияб гьумералде

Кiвар бугеб насих1ат

Кiвар бугеб насих1ат

Муса аварагасулги Хизрилги ккараб машгьураб къиса буго. Гьелъул магIнаги букIана БетIергьанас Муса авараг гьоркьовккун халкъалда бичIчIизаби бищунго гIелму бугев Жив вукIин. КигIан гIемераб жо лъалин жиндаго ккезе бегьунгутIи, щайгурелъул, гьесдасаги цIикIкIун лъалев ватизе рес бугелъул. Бичасул аварагасул хIадисги буго: «Кинабниги жо лъалесдаги тIад жеги цIикIкIун лъалев вуго», - ян.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

ХIасил-калам, Мусаги Хизриги цоцадаса ратIалъизехъин ругеб заманалда Муса аварагас Хизрида абулеб буго жиндие цо васият гьабеян. Хизрица абулеб буго: «Мун вукIа дудаса гIадамазе гIемераб пайда бугевлъун, дудаса цогидазде зарал бахуневлъун вукIунге. Мун вукIа гьумер битIаравлъун, гьеб букIкIаравлъун вукIинчIого. Дурго тIирунчIеялдасаги вусса, хIажат гьечIелъувеги унге. Цогидасул ккараб гъалатI-мунагьалдалъун бадибчIвайги гьабуге, дурго мунагьазда гIодулев вукIа, ва ГIимранил вас», - ян.

Гьаб васият Муса аварагасул цIаралда бугониги, кинабго халкъалъего гIаммаб буго. «Такъриб» абураб тIехьалъул мусанифас бицунеб буго жиндирго шайих МухIаммад Музгьиридасан:

«Диналъул вацаз цоцазе гьарулел насихIатазул бищунго кIвар бугеб ккола жидер кинабниги шугълу даимго Аллагьасде буссинаби. Жидер кинабниги кIварги Аллагь рехсеялде буссинаби, цо параялъцин Гьесдаса гъапуллъичIого, жидее тIубараб, камилаб хIузур щвезегIан, жиб сабаблъун Аллагь тун цогидабщиналдехун рокьи ва хурхен нахъе унеб куцалда», - ян.

Балагьеха, диналъул вацал, насихIаталъул кутак. Нилъер кинабго заманин абуни, щибго гуреб жоялде руссун, гIадада уна.

Гьесго абулеб буго: «РоцIараб, парахатаб гIумруялъул хIасил буго киналниги ишазул кверщел Аллагьасде тIамун тей ва дунялалъул хIалал хиси БетIергьанасдаса рукIин бихьи. Цо щиб бугониги лъугьабахъин ккараб заманалда, «кин» ва «щай» абурал суалал кьунгутIи. БетIергьанасде данде вахъин, къец гьаби рехун тей Аллагьасул къотIабазул пикру гьабун, Гьесул балъгоял хазинаби ракIалде щун. Гьединго жиндирго напсалдасагун халкъалдаса щолеб жоялдаса тIубанго хьул къотIун, БетIергьанасде божи гьабун чIей».

Балагьеха, диналъул вацал, гьадинаб жанисеб хIалалде щвезе ккани щиб нилъеца гьабизе кколебали. Диеги щолеб анищин гьеб абун хьулал халат гьариялъул хIасил ккеларин ккола дида. Гьединлъидал балагьизе ккела гьелде рачунеб нух. Гьебги Аллагь гIемер рехсеялъул нух буго. Гьелде тIоритIулел гIадамалги хIакъикъиял муршидзаби руго. Гьелги кьун руго нилъее БетIергьанас.

Гьанже сунда банха бугеб тIолабго иш? Нилъедаго гурищ? РачIа щивав чияс жиндаго тIад лъелин Аллагь рехсеялъул кIудияб гьир. Ин ша Аллагь, гьеб захIматалъ рачина нилъ лъикIаб гIумруялдеги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...