Аслияб гьумералде

Кумекалъухъ баркала

Кумекалъухъ баркала

Ассаламу гIалайкум, хирияб «Ас-салам» газеталъул редакция. «Вотцапалъул» цо къокъаялда бихьана ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб РухIияб централде рачIарал чагIазе экскурсия гьабулеб. Ма ша Аллагь, гьениб кIудиял хIалтIаби гьарун ругоан.

Цебе кьучI лъолеб мехалдаго ресалда рекъараб нижецаги гьабулаан. Гьеб видео бихьаралдаса гъира ккана бажарараб кумек гьабизе ва гьеб пикру загьир гьабуна вацасул ясаздеги. Дир пикруялда гьел разилъана ва жидерго ресалда рекъараб бакIарун, ниж РухIияб централде щвана. Ниж ккола Шамил районалъул ТIаса Колоб росулъа, Ленинкенталда гIумру гьабулел Рамазанов Сулейманил хъизан.

Нижер хъизамалъул чIахIиязул эбел-эменги ункъавго вацги хвана, руго гьезул лъимал. Дие бокьун буго вацазул ясазе аза-азар баркала загьир гьабизе ва, дир пикруги къабул гьабун, ракIалда букIараб мурадалде бахъинабурал гьезие гьаризе чорхое сахлъи, лъимал-хъизамаздаса рохун хутIи. Аллагьас нужер садакъа лъимал-хъизамазде бачIунеб балагьалда цебе чIаги, хварал эбел-инсул рухIазе щваги, баракатаб боцIи дандчIваялъе сабаблъун ккаги.

АЛИПАТ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...