Аслияб гьумералде

Баркала кумекалъухъ

Баркала кумекалъухъ

Баркала кумекалъухъ

 

Циндаго байбихьана чехь-бакьазул унти, цIа-канги бахана 38 градусалде. Росдал амбулаториялъул машинаялда щвезавуна Шамил райбольницаялде. Унтул хал-шал гьабидал, вегизавуна инфекциялъулаб отделениялда.

 

Бокьун буго, «Ас-салам» казият гьоркьоб ккун, рехсараб отделениялъул хъахIал халгIатал ретIаразе баркалаялъул калам гьабизе.

Отделениялъе нухмалъи гьабулей ПатIимат Ачилаевалъги, цадахъ хIалтIулезги унтаразул гьабулеб адаб-хIурмат, берцинаб бербалагьи бихьараб мехалда ракIалде ккана гьалейин дол Алжаналде унел хъахIал халгIатал ретIаралин абун.

70 соналдасаги тIаде гIумру арай ПатIимат лъабабго ригьалъ ячIуна палатаялде ва цIех-рех гьабула. Рехсараб больницаялъул хIалтIухъанасе ПатIиматил хIакъалъулъ бициндал, гьес абуна, цохIо дуе гуреб, киналго унтаразе гьабулин гьелъ ракIунтараб хъулухъилан. Лъебералда хадур соназ гьеб отделениялъе бетIерлъи гьабурай ПатIиматидаса щивав унтарав рази вукIуна ва баркалаги кьолаго уна гьаниса нахъегиян.

Дицаги гьарула кинабго лъикIабщинаб ПатIиматие ва цадахъ хIалтIулел медсестраби: НурмухIаммадова РабигIатие, МухIаммадова ПатIиматие, Нурова Марьямиегун санитарка Амиртазаева Чакарие.

Аллагь разилъеги нужедаса.

 

ХIажимухIаммадил МуртазагIали, ХIорода росу

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...