Аслияб гьумералде

Аллагьас ﷻ инсан хира гьавун вуго

Аллагьас ﷻ инсан хира гьавун вуго

Аллагьас ﷻ инсан хира гьавун вуго

Аллагьас инсан цогидаб махлукъаталдаса хира гьавуна гIакълуги, гIелмуги, берцинлъиги ва гьел гурел цогидал нигIматалги кьун. Нилъеца гьел нигIматазул пикруцин гьабуларо.

 

Амма цо нигIмат нахъе босани, нилъее тIубанго дунял кьогIлъула. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: «Дица Адамил лъимер цогидаб махлукъалдаса хира гьавун вижана», - ян. Инсан вукIине ккола кидаго дунял-ахираталъул пикру, Аллагьас ﷻ кьурал нигIматазе щукру гьабулевлъун. Амма нилъер иманалъул загIиплъиялъ ахираталъул пикру, Аллагьасе ﷻ щукру гьаби кутакалда дагьлъун буго. Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго: «Инсанасул тIабигIат буго нигIматал кIочонеб, щукру дагьаб гьабулеб», - ян. Инсанасул тIабигIаталъул гIуцIи, нигIматал кIочонеб, балагь-къварилъи ракIалда чIолеб буго. БетIергьанас гIумруялда жаниб цо нухалъ нилъер хIалбихьун унти-балагь биччани, гьеб нилъеда гIумруялъ кIочонаро, дица хIехьараб жойин абун кидаго бицунелги рукIуна. Амма Аллагьас ﷻ щибаб къойил кьолел нус-нус нигIматал нилъеда ракIалдецин щоларо. ХIатта гьел нилъее кьезе кколел гIадин ракIалдеги ккола.

 

ГIали МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...