Аслияб гьумералде

Баркала росуцоясе

Баркала росуцоясе

ЗайнулгIабидил Мусал вас МухIаммад ккола Хьаргаби районалъул МагIлиб росулъа. Гьев вуго лъабкъого сонил ригьалдаса тIаде арав чи. Гьес гIемераб хIалтIи гьабула халкъалъе, кумек гьабула мискин-пакъирасе.

 

Мусал МухIаммадица магIладерил жамагIаталъе къогогIан соналъ, рамазан моцIалъ сахIал рахъизе, чIагояб ролъ бикьана рухI рикIкIун, росдал мажгит ва лъимал цIализе мадраса бана, чи хведал щивасул къварилъи гIахьал гьабула, унтаразе квербакъула, росдал хабалаби къачIана, гьел рацIцIад гьаризе, кьун гIарацгун чи тIамуна. ПалхIасил, гьес гьарулел хIалтIабазул бицун хIалго кIоларо.

Гьале дунги, МухIаммадил баракат щварай Аллагьасул лагъ, 2022 соналда Хьаргаби районалъул мажлисалда гIумраялде ине путевка бергьарай гIадан. Дида гьениб бицана гьеб сайгъат МухIаммадил бугин абун. Ва Хьаргаби росдал мадрасалъул директор ГъазимухIаммадица гIарацги кьуна гьение ине. 

Дие бокьун буго гьев сахаватав инсанасе баркала кьезе. Аллагьас гьединал васал Дагъистаналда гIемерлъаги.

Цоги нухалда баркала, МухIаммад. Дун гIадин Аллагьги разилъаги дудаса.

 

ГIайшатбика ГIабдулкъадирова

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...