Аслияб гьумералде

Машгьураб больница

Машгьураб больница

Машгьураб больница

Гьединаб больница буго МахIачхъалаялда, Сепараторазул поселокалда. Дида гьеб больницаялъул, унтаразе гьенир чIезарун ругел лъикIал шартIазул, сахаватал тохтурзабазул хIакъалъулъ бицунеб рагIун букIана цебего.

Дун вегун вукIараб хирургияб отделениялда тIад кIалъазе бакI гьечIоан. ГIадатияв хIалтIухъанасдаса отделениялъул заведующиясде щвезегIан, киналго ратана жиде-жидер хIалтIи ракIбацIцIадго гьабулел ва аскIове вачIарасде адабалда кIалъалел чагIи.

«Ас-салам» казият гьоркьоб ккун бокьун буго гьал хадур рехсарал тохтурзабазе баркала кьезе:

МухIаммадов Сапарча-мухIаммад, хирургияб отделениялъул заведующий; МухIучиев ГIалибег-хIажи, тохтур; Шарипова Салимат, тохтур; СагIидова Зарема, кIудияй медсестра; Ибрагьимова ПатIимат, медсестра; МухIаммадгIарип, невролог; ГIабдуллагь МухIаммадов, терапевт.

Дирго ва цадахъ палатаялда рукIаразул рахъалдаса ракI-ракIалъ гьарула гьезие щулияб сахлъи, рохел ва гьабулеб хIалтIулъ битIккей.

ГIали ГIалиев, Дарада-Мурада росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....