Аслияб гьумералде

Мажгит цIи гьабуна

Мажгит цIи гьабуна

Мажгит цIи гьабуна

Шамил районалъул Мусрухъ росулъ букIана басрияб, биххун иналда хIинкъи бугеб мажгит. Бигьаяб хIалтIи букIинчIо аскIобе шагьраги, росулъ дагьал гурони гIадамалги гьечIеб бакIалда цIияб мажгит бай. Гьеб иш тIаде босана ХирамухIаммадов МухIаммадица.

Гьелъул хабар ккейдал, гьес бицана: «Бищун захIматаб суал букIана машинаялъе нух гьечIолъи. Машина унеб нух гьабизе ресги букIинчIо. Нижеца гьабуна мотоцикл унеб нух. КъахIиса Къурбан абулев чиясул батана гьеб мотоцикл. ЦохIо гьесул жигаралдалъун 15-гIанасеб КАМАЗ машина цIураб материал баччана гьес гьабураб нухдасан мажгит балеб бакIалде. Гьелде щвезегIан, басрияб мажгит биххизе ккана. Гьенир субботникал гьарун хIалтIана къелдерил росабалъа гIадамал, рачIана ХIебдасаги. Къедги нухги гьабизе бищун хIалае ватарав чи ккана Бакълъухъа Нурудин. Мажгиталъул купол гьабуна КъахIиса МухIаммадица. ГIемерал хIалтIабазда гIахьаллъана Къелеса Халилула, Абубакар, ГIумар, МахIмуд, Муса ва цогидалги. Киналго хIалтIаби гьаруна Къелеса ва къватIиса рачIарал гIадамазул кумекалдалъун. Аллагьас азариде бахинабеги гьезул садакъа, унти-балагьаздасаги цIунаги гьел», - ян.

23 октябралда цIияб мажгиталда, РабигIул аввал кIодо гьабун, тIобитIана къелдерил росабазул мавлид. Гьенир гIахьаллъана районалъул имам ГIарипил МухIаммад, ХIебда росдал имам МахIмуд-апанди. Гьес бицана аварагасул ﷺ хиралъиялъул хIакъалъулъ. Гьесул ﷺ хIакъалъулъ гIатIидго бицине кколин лъималаздагиян абуна. Бищун лъималазда лъазе кколила авараг ﷺ вокьизе, гьесул кинабго гIагарлъи лъазе, гьединго, Къуръан цIализе. Гьелдаго цадахъ нилъее рокьизе кколила асхIабзабиги гIалимзабиги. Гьес мисалалъе гIадин рехсана Гьандихъ росулъ жиндир баракат щваяв ХIумайд-апанди ракIалде щвеялъул тадбиралде вачIарав ЧIикIаса КIудиясда цо ригь арав чияс абунила, устарзабазул хабар ккейдал, жинда ХIасан-апанди вихьанин абун. ЧIикIаса КIудияс гьев чиясда къвалги бан, убач гьабунила.

Районалъул имамас бицана Дагъистаналда ислам цебетIолеб букIиналлъул, гьанир ругел исламиял институтазги мадрасабазги аза-азар гIолилазул гIалимзаби рахъинарулел рукIиналъул, чанго батIияб мацIалда къватIибе биччалеб «Ас-саламалъ» кколеб бакIалъул. Гьес цIияб мажгиталъе сайгъат гьаруна исламиял тIахьалги.

ДагIваталъул отделалъул нухмалъулев ХIабибуллагьица, жиндирго кIалъаялда, кIвар буссинабуна цоцазда тIаса лъугьине ккеялде. Алжаналда бугила цIакъ чIухIараб хъала. Гьеб лъиеян гьикъидал, абунила тIаса лъугьаразе бугин абун. Гьединаб шапакъат щолеб иш бугила тIаса лъугьин. Гьес ракIалде щвезабуна жиндир баракат камугеяв Лъахъа КIудияв, жиндирго кIиго вас чIвараздаса тIаса лъугьараб куцги.

Мажлис нухда бачунев ругъелдисезул имам Аюбица абуна нилъее авараг ﷺ вокьизе кколин. Аюбица ракIалде щвезаруна аварагасул ﷺ цо-цо суннаталги.

ГIалим ГIусман-хIажияс абуна мажгит баялдасаги захIматаб иш бугин жанире, ай какде гIадамал рачIинари. Гьанже киналго шартIал ругеб мажгитги бугелъул, гIузру бугелги тун, рогьалилги боголилги какде гьанире рачIине чара гьечIеблъун гьабеян абуна гьес. Гьедин гьабичIони жамагIат мунагьалде кколила.

Данделъиялда жаваб кьуна гIахьаллъаразул гIемерал суалазеги. АхIана мавлидал ва къаде какдаса хадуб мусрухъаз гьалбадерие гьабуна лъикIаб гьоболлъиги.

Сайпула ГьитIинамухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...