Аслияб гьумералде

Баркалаялъул кагъат

Баркалаялъул кагъат

Ниж ккола Саратов шагьаралда яшав гьабун ругел дагъистаниял. Россиялъул цогидал регионаздаго гӀадин, нижер гьанирги рукӀуна Дагъистаналъул Динияб идараялъ «Ас-салам» газета халкъалъухъе щвезабизе, дагӀват гьабизе рачӀарал газеталъул вакилзаби. Гьединаздасан ккола Шамил районалъул Ругъелда росулъа МухӀаммадов Шамил-хӀажиги.

Гьес областалдаго «Ас-салам» газеталда хурхараб гуребги, бусурбабазе пайда цӀикӀкӀарал ишал гӀемер гьаруна. Хириял моцӀал, къоял, сардал рихьун гьес тӀоритӀана мавлидал, Къуръан цӀалиялъул, салават битӀиялъул, суалал-жавабазул ва цогидалги баракатал данделъаби. Гьединго Шамил-хӀажица кьуна Къуръан цӀалиялъул ва какил арканал дурус гьариялъул дарсал.

Дарсазде хьвадизе рес рекъечӀелги гьес рокъо-рокъовеги хьвадун рехун течӀо. Лъаларо хъизан-лъималазде вуссине гьесул замангӀаги кида хутӀулеб букӀарабали. Шамил-хӀажидаса кӀудияб пайда щвана нижее ва гьесдаса кутакалда разиго хутӀана. Ниж гӀадин Аллагьги разилъаги гьесдаса.

Гьев вуго берцинаб гӀамалалъул, гӀодове виччарав, хӀеренав, хӀалимав, нечарав, варагӀ бугев, жиндаса чиясе пайда цӀикӀкӀарав, гӀелмуги лъалев, гьелда гӀамалги рекъарав гӀолохъанчи. Нижее бокьун буго Шамил-хӀажил эбел ХӀафсатие ракӀ-ракӀалъулаб баркала загьир гьабизе, къисматалъ тӀаде ккараб лъимал хьихьиялъул захӀмалъиги баччун, магӀна бугев, гӀамал берцинав, исламияб тарбия бугев вас гӀезавуралъухъ. Нижеца рикӀкӀуна Ругъелда росдалго чӀухӀилъун кколин Шамил-хӀажи. Росдал жамагӀаталдасаги Аллагь разилъаги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...