Аслияб гьумералде

Ахират лъикIаб кьун батаги

Загьират ГIалиева

Ахират лъикIаб кьун батаги

ЗахIматаб, халат бахъараб унтудалъун гIумруялдаса ятIалъана ЛъаратIа районалъул Начада росулъа мугIалим ГIалиева Загьират.

Гьей гьаюна 1955 соналда, рагъул гIахьалчи, гIемерал соназ росдал школалда тарбиячилъун хIалтIарав ГIалиев Ражабил хъизамалда. Начада, Мазада росабазул школазда цIалана, лъугIизабуна Буйнакскиялъул педучилище. ХIалтIизе ракIалъ ахIана гIагараб росдал школалде.

ГIалиевалъул тIолабго гIумру бухьараб букIана гIун бачIунеб гIелалъе лъайгун тарбия кьеялда, гьел инсан ва захIмат бокьулеллъун куцаялда. РакIбацIцIадаб хIалтIудалъунги, ишалдехун бугеб рокьудалъунги, лъай-бажариялдалъунги гьей йикIана лъималазеги, гьезул эбел-инсуеги, коллективалъеги хIурматияйлъун.

Загьират мустахIикълъана районалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулезул Баркалаялъе ва шапакъатазе. Хасаб бажари букIана ГIалиевалъул гIуцIарухъанлъиялъе ва жамгIиял хIалтIабазе. Гьей йикIана лъикIай насихIатчIужулъун, ятулаан къварилъигIатIилъи ккаралъуй.

КьучI бугеллъун, дурусаллъун гIезаризе кIвана гьелда жиндирго лъималги. ГIумруялъул гьудул ГIабдуразакъов ГIабдуразакъгун цадахъ гIадамалъе рахъинаруна Мурадги Каримги, Капиятги, Рашидатги, ПатIиматги. Киназго босана тIадегIанаб лъай. Эбел-инсулго гIадаб хIурмат-хъатиралда руго жиде-жидер хIалтIабазда. Загьират кидаго кIоченаро гьелъул рикIкIен гIемерал цIалдохъабаздаги, гIагарлъиялдаги, коллективалдаги, росужамагIаталдаги. Алжаналъул агьлулъун гьаюн ятаги.

ГIАГАРЛЪИ, ШКОЛАЛЪУЛ КОЛЛЕКТИВ, РОСДАЛ ЖАМАГIАТ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...