Аслияб гьумералде

Балагьалда цебе сангар – садакъа

Балагьалда цебе сангар – садакъа

Балагьалда цебе сангар – садакъа

Рецц Аллагьасе буго гьаб заманалда нилъ берцинго хьихьун рукIиналъухъ. Абизе бегьила кинабго жо гьарзаго бугинги. Балагьараб заманалда, къварилъиялда ругелги дагьал ратулел гьечIо. Гьелъиеги гIиллаби гIемерал рукIуна. Унта-щокълъи, ятимго хутIи, налъукье ккей, кинаб бугониги къварилъи ккун боцIи-мал чури, гьорол, цIорол ва цIадул балагьаз къвал жемиялда релълъарал.

 

Гьединал захIмалъабаздаса божарав чи нилъеда гьоркьов цониги гьечIо. Бокьараб заманалда тIаде бачIине рес буго къварилъи. Гьединлъидал, диналъул вацал, исламияб диналъул гIелмуялъ бихьизабула нилъерго рес букIаго къварилъиялда вугесе кумек гьабейин абун. Амма рахIаталда вугесда, санагIатбахъиялда вугесул хIал бичIчIуларо. Кин бугониги, гьеб бичIчIулезул вагIзаялда нахърилълъун, кIвараб кумек гьабуни, нилъерго нигIмат Аллагьас даим гьабиялъе сабаблъун ккела. Къуръаналда буго: «Нужеца шукру гьабуни, Дица нигIмат цIикIкIинабичIого теларо», - абун. Гьедин гьабулел кумеказда садакъайин абула. Гьелъул хиралъи бицун рачIарал хIадисал гIемерал руго. Гьездаса цо дагьалго рехсезин.

Садакъаялъ мунагь чуриялъул хIакъалъулъ Бичасул аварагас ﷺ абун буго: «Садакъаялъ мунагь тIагIинабула, чурула лъеца цIа свинабулеб гIадин», - ян.

Къиямасеб къоялъ садакъадул кумекалъул хIакъалъулъ хирияб хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъ садакъаялъул рагIдукь рукIуна цогидазул хIисаб-суал тIубазегIан», - ян.

Нилъ рукIуна бугеб магIишаталде ракIги гъун, гьелда мугъги чIван. Бичасул аварагас ﷺ абун буго: «Инсан вукIуна дир магIишат, дир буголъиян абулев. Гьесие бугеб жо буго жинца кванан лъугIизабураб яги тIад ретIун хIалтIизабураб ва жинца цогидазе кьеялдалъун нахъе цIунараб. Гьеб тун цогидаб жо гьесдаса нахъе унеб ва цогидал гIадамазе толеблъун буго», - ян.

Гьаб заманалда нилъее цIакъ бигьалъун буго садакъа кьеялъул ишги. Гьале рахIму-цIобалъулаб «Инсан» фонд буго, гьез тIаде босула нилъехъа садакъа-хайратги бакIарун, мустахIикъал гIадамазе гьеб щвезабизе. Кинаб къварилъи ккарав чи ватаниги, гьезухъеги ун, букIине кколебщиналъул мухIканлъиги гьабун, гьез лъазабула садакъа ва кумек бакIари. КигIанги бигьалъун буго, рокъор гIодорги чIун, садакъа бокьараб бакIалде битIизецин.

Гьаб заманалда дагьал гьечIо гIадамал гуккун, садакъаби ракIарун жидерго мурадазе гьел хIалтIизарулелги. «Инсан» фондалде божи гьабизе нилъеда кIола. Щайгурелъул, гьезухъе щвараб щибаб копекалъулги отчет букIуна бокьараб заманалда, балагьизе бокьани.

ХIурматиял диналъул вацал, къварилъи чияраблъун букIунаро. Нилъ руго бусурбаби, киналго вацал ва цо хъизам. Гьединлъидал, къварилъиялда ругезе кумек гьабиялъул лъазаби нилъеда рихине бегьуларо. Нилъее Аллагьас кьурал нигIматазе шукру гьабиялъул нияталда, ракI разиго гьабизе рекъараб буго кумек.

Аллагьас нилъее кьураб боцIи-малалда баракат лъеги, баракат бугеб тIадеги кьеги, киналниги балагьаздаса цIунаги исламалъул тIолабго уммат! Амин!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...