Аслияб гьумералде

КъвакIарай магIарулай

КъвакIарай магIарулай

Шамил районалъул Къваниб росулъа МухIамадова Умакусум ккола КIудияб ВатIанияб рагъул заманалъул лъимер. 2015 соналда гьелъие кьун букIана Бергьенлъи босаралдаса 70 сон тIубаялъул хIурматалда юбилеялъулаб медальги.

 

ГIолохъанго росги хун, 25 сон барай гьей хутIана, гьитIинаб щуго лъимергун къороллъуда. Лъималазе гIоло баччана захIмат, хIалтIана колхозалда. Гьелъ абула, мадугьалихъ бугеб росулъ цониги хур батиларин жинца жаниб газа чIвачIеб. ХIалтIизе унелъул лъималазда хадуб балагьулаан нусилъе сонал рахуней эбел Калимат.

ГIезегIан къо бихьун тIамураб гIолохъанлъиялдаса хадуб, ай ригьалде яхиндал гьелда, васасулги нусалъулги рухIелалги рихьана. Бербалагьи гьабизе тIаде ккана васасул бесдал хутIарал лъималазда хадубги.

Жакъаги гьелъ лъималазул лъималазулги лъималазе гIакълу кьола, лъикIабщинаб малъула, гьезие цебе букIаралъул бицуна.

Ниж чIухIарал ва рохарал руго гьединай кIодоэбел нижер йикIиналдаса.  

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...