Аслияб гьумералде

Имамзаби какуге

Имамзаби какуге

Имамзаби какуге

Хириял яцал, хIурматиял руччаби. Бокьун буго нужеда гьаризе ватцапаздасан дибирзаби, гIалимзаби какун лъазабиял ритIугеян. Нилъ, руччаби, хIалтIуда, бертабалъ, мавлидазда ва цогидал бакIазда данделъула, хIажат гьечIеб харбидеги руссуна.

Росулъа чиги хун щвана магIирокъое. Гьенир ратана гIезегIан лъаларел руччабиги. Цо заманалдасан саламатай чIужугIадан лъугьана дибирзаби, цIаларал чагIи какизе, гьезда гIайибал чIвазе. Гьелъул хабар цIакъго гIорхъолъа индал, дица цIехана киса кколейилан. Гьелъги бицана. Цинги дица гьелда абуна тIаде яхъайин, ритIухълъиги гIелмуги духъ бихьулин, гьабсагIат нилъ рилълъине ругин дур росулъе, гьеб дуца абухъе мекъи хIалтIулев дибирасул бакIалда мун тейин абизе. Дир рагIабаз гьей цIорозаюна ва йиххунги лъугьана.

Цинги гьей гIаданалъ кIиябго квералъ дир кверал куна, дун мекъи кIалъанин, бегьулеблъун батани гьаб хабар нижер росдахъе ва имамасухъе щвезабугеян гьарана. Цо-цояз абула имамзаби, цIаларал чагIи мекъи хIалтIулел ругин, вагIзаби гьарулила руччаби хIакъир гьарун, гьел лагъзал кколеллъи бихьиназда бичIчIизабулеб куцалда. Имамзабаз киданиги руччаби къварид гьареян абуларо. Нилъелъго бугеб диналъул бичIчIигьечIолъи сабаблъун, гьел гIайибияллъунги гьарун мунагьалъукье ккезе рукIунге. Бугелда гIейги гьабун, шукру гьабулеллъун рукIа.

ТIибитIараб унтилъун буго имамзабазулги цIаларал чагIазулги бечелъиялъул бицин. Амма щай нилъеда ракIалде кколареб гьезие машинаби сахаватал, ресалда ругел диналъул вацаз сайгъат гьарун ратизе бегьулеблъи, ретIел-хьит яхI бугез кьун батилин абун. ХIакъикъаталда гьедин батизеги батула. Хириял диналъул яцал, гьарула, гIайибаз лъукъуге Аллагьас нилъее кьураб нигIмат.

ГIалимзабигун дибирзаби руго Аллагьасул нух ккун, аварагасул суннат билълъанхъизабун халкъалда гьоркьор хьвадулел, гьелде нилъ гIадал жагьилзаби ахIулел чагIи. Дибир-будунас баччулеб захIмалъи бихьизе бокьун батани, цо моцIалъгIаги хьваде жамагIат-какде мажгиталде, ритIе нужерго россалгун бихьинал гьез гьабулеб бихьизе, гьезда цадахъ хьвадизе. Гьеб нилъехъа бажаруларо, бажарулеб букIарабани нилъер мажгитал чIорого рукIинароан.

ГIАЙШАТ ГIАБДУЛКЪАДИРОВА,

ХЬАРГАБИ РАЙОН, МАГIЛИБ РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...