Аслияб гьумералде

Накъшубандиязул адабал

Накъшубандиязул адабал

ХIурматиял «Ас-салам» казият цIалулел. БетIергьанасе буго гIорхъи гьечIеб рецц, нилъер халкъ битIараб нухда тIобитIизе хIакъикъиял устарзаби ва битIараб тIарикъаталъул нух кьурав. Нилъеда гьоркьор гIезегIан руго вирдги тIаде босун жидерго нафсалда тIадчIей гьабулел муридзаби. Гьезие баяналъе букIине кьолеб буго Гъазигъумекиса Жамалудиница хъвараб «Адабул марзият» абураб тIехьалдаса накъшубандияб тIарикъаталда ругел гIадамаз цIунизе рекъарал адабал.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

Накъшубандияб тIарикъат ккола бищун хириял тIагIатаздалъун, ай Аллагь гIемер рехсеялдалъун гIибадат гьабулеб нух. Гьелъул адабаздасанги ккола: Къуръан-хIадис камилго кквей, агьлу суннаталъул пикруялда гIакъида данде ккей, ритIухъаб тавбу гьаби, жинца гьарурал зулмаби нахъруссинари, гьезул бетIергьабаздаса хIалаллъи тIалаб гьаби, суннаталда тIадчIун гIибадат гьаби, киналго мункараздаса, ай шаргIалъ гьукъарал ишаздаса, бидгIабаздаса рикIкIалъи, кинабниги гIодобегIанлъиялдаса яги какараб ишалдаса рикIкIалъиялъе гъира цIикIкIин.

Гьединго шаргIиял ишазулъ мухIканлъи гьаби, гьабизе беццанщинаб иш тIадаб фарзгIанги гьоркьоб биччачIого тIубазаби, цIакъго рес къотIараб хIалалда хутIун. ХIарамалдегIанги рухсаялде, гьабичIониги бегьулел ишал, масала, черхалъе гIемер рахIат гьабигIадал ва цогидалги жалазде аскIове къангутIи. Киналниги ишазулъ мухIканаб, чIванкъотIараб нух кквей.

Какарал тIабигIатаздаса рикIкIалъи, лъикIал гIамал-хасиятал жиндилъго рукIинариялъе яхI бахъи. КъваригIел гьечIеб калам тей, гьединго, гIемер кванай, кьижи рехун тей. ХIалалаб гурони тIагIам ургьибе биччангутIи. Аллагьасде кидаго ракI бекун хIели, Гьесде бугеб хIажалъи загьир гьаби ва киналго ишазулъ Аллагьасул кумекалде кIанцIи. Нилъ гуккулеб дунялалдаса хьул къотIун вукIин, БетIергьанас хъвараб къадаралда разилъун чIей.

Гьал адабал ккурав чи щола Аллагь лъаялде. Зикру гIемер бачиналда тIадчIейги гьабун, гьелъул хIасил халлъулеб гьечIони, гьесда лъай жинца гьелъул цо кинаб бугониги адаб тун букIин. Щайгурелъул адаб теялъ зарал бачIинабула гьабулеб гIибадаталъе, кигIан гьитIинаб батаниги.

Кутакалда гъваридал ва мухIканал рагIаби гьечIищ? Нилъ рукIуна тIарикъат гьабулелин абун. Гьелъул хIасил бачIунеб гьечIеб заманалда нилъеца гIайиб рехула шайтIаналде ва парахалъула. Масала, шайтIан букIинчIебани щиб гьабизе букIараб, лъиде рехилеб букIараб гIайиб? Гьеб букIинчIебаниги нилъерго гьебго хьвадилъидал букIине букIараб.

Гьединлъидал лъикIаб гIамал гьабулел рукIарал гIолеб гьечIо, шаргIги кквезе кколеб буго щулаго. Гурони, тIасан тIун, гъоркьа гIекколеб бугеб цIарагIалда яги цIалкIица лъим баччулев чиясда релълъуна нилъер гIамал.

Аллагьас кантIизареги лъикIалде. ТIарикъаталъул киналго адабалги тIуран, гьелъул лъикIаб хIасил насиб гьабеги киназего! Амин!

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Бахиллъиялъул зарал

БетIергьан Аллагьас щивав чи вижула гIицIавлъун. Гьединго гьесулъ букIунаро щибго къуват, кинабгIаги магIишаталъул бетIергьанлъунги вахъун вачIунаро гьев дунялалде. Гьедин дунялалде лъугьарав чиясе Аллагьас кьола рикIкIун хIалкIоларелгIан гIемерал нигIматал. ТIад ретIине ретIелги, чорхое къуватги,...


ХIикматал махлукъатал

Морж   ЧIахIиял рухIчIаголъабазул цоял ккола моржал. Гьел руго тIом биццатал ва гьелъ кумек гьабула гьезие квачалдаса цIунизе. Габуралъул тIасияб рахъалъул тIом  букIуна 10 сантиметралъ биццатаб.   Гьезда кIола рекIел кьабиялъул хехлъи-хIинцIлъи жидеего бокьухъе бачине. Лъим...


Балагь-къварилъи

Бусурбанчиясе, тIаде рачIунел тIабигIиял балагьал, букIа гьеб ракь багъари, гьурал рахъин, гIаммал унтаби, лъим кIанцIи ва цогидалги, гьеб буго бечедав-мискинав абун течIого, щивав чи кумек, хвасарлъи тIалаб гьабун къватIиве вахъунеб заман. Гьеб хIалалъулъ чияда ракIалде щола дунял тIаса ине,...


СВОялъулал кIочон толаро

«Зебра» абураб спортивияб комплексалда тIобитIана гьабсагIаталда отпускалда ругел СВОялъул гIахьалчагIазе тадбир. Гьелъул хIаракатчагIилъунги церерахъана «Каспий» батальоналъул имамлъун вукIарав ва гьанже муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибиров,...


Дагъистаниязде хитIаб

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал, Дагъистаналда бараб чвахунцIадалъ гьабураб къварилъи нилъее ккола иргадулаб хIалбихьилъун.   ТIоцебесеб иргаялда, гIезегIан чи махIрумлъана мина-карталдаса ва магIишаталдаса. Гьайгьай, гьебги ккола тIаде тIамураб хIалбихьилъун. КIиабизе, тIабигIияб...