Аслияб гьумералде

Лъалищ нужеда?

Лъалищ нужеда?

Какил таъвилатал

Аллагь разилъаяв ГIали-асхIабас абун буго: «Какил таъвил лъачIони камилаб как букIунаро. Таъвилги лъазе гьабун цо как бани, 70 азарго барабгIан кири букIуна», - ян.

Гьел таъвилаталги гьал руго:

- Как бухьунеб мехалъ кIиябго квер кIиябго гIиналде борхиялъул таъвил буго – Аллагьасул лъай гIадамасул лъаялда релълъараб гьечIин абураб магIна.

- РукугI гьабиялъул таъвил – дир черх хIелула Аллагьасе.

- СамигIаллагьиялъул таъвил – дир рукугIги дир суждаги рагIула ва бихьула дун вижарав Аллагьасда.

- Суждаялде иналъул таъвил – дун гьаб ракьалдасан вижарав вугин абураб магIна.

- Эхеде ворхиялъул таъвил – Дуца дун, Аллагь, ракьалдаса вахъине гьавунин абураб магIна.

- КIиабилеб суждаялъул таъвил – нахъеги ракьалде руссине ругин абураб магIна.

- КIиабизе рорхиялъул таъвил – къиямасеб къоялъ ракьалдаса рахъине руго абураб магIна.

- ГIодов вукIараб мехалъ квегIаб хIетIе бегун лъеялъул, кваранаб бахъун чIезабиялъул таъвил – дица батIулаб жо гIодобе рехулин, хIакъаб бахъун чIезабулин абураб магIна.

- АттахIиятуялда гIодов вукIиналъул таъвил – дир Аллагьасде хьул лъола дида гурхIиялда, мунагьал чуриялда абураб магIна.

- Салам кьеялъул таъвил – нуж Аллагьас хвасар гьареги къиямасеб къоялъ, дунги хIинкъихьулалда вугин абураб магIна.

(Какил адабазул тIехьалдаса)

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...