Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ асарал - Шамилхъалаялда

Аварагасул ﷺ асарал - Шамилхъалаялда

Аварагасул ﷺ асарал - Шамилхъалаялда

КIиго имам жанив вижараб тIалъи,

ТIагьал асараца асир гьабичIищ?

ШаргIалъул нух цIунун хвалчен борхарал,

Расулуллагьасде данде рахъинчIищ?

 

ГIемераб бихьарал мугIрузул тIогьал,

Бихьизе щваралда щаклъун ратула.

Цингиги, рорхатал кьурул гIусазда,

ХIабибасул махI чIван чIухIун ратила.

 

Шамилил цIар кьураб берцинаб хъала,

Хириял гьалбазе дандчIвай гьабичIищ?

Гьаб дунял къалъарав Аварагасул ﷺ,

Асарал рещтIанин духъе лахIзаталъ.

 

Дагъистан сверулел руго асараз,

Алжаналъул гIадаб махIги тIибитIун.

ТIагьал заман буго цебе тIамулеб,

Азарил соназул гъварилъудасан.

 

Дагъистан ракьалда баракат бекьун,

РекIее рокьулел руго гьоболлъухъ.

Гьал мугIрузда тIасан свериги бахъун,

РакIал руго цадахъ рахъун росулел.

 

Гьал рещтIун щваралъур тIугьдул тIегьала,

ТIагьал махIалъ кодоб босула тIалъи.

Гьижра гьабулелъул ансараз гIадин,

ДандчIвайги гьабула, рохун дир халкъалъ.

 

Расулуллагь ХIабиб ﷺ алхIамдулиллагь,

Аллагьас нижее мун витIаралъухъ.

Цингиги каранда кIудияб рокьи,

Дудехун бикьизе нижей кьуралъухъ.

 

Парихан Мажидова, Гуни росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...